Радикалаз 160-гIан чи чIвана ГIиракъалда

«ГIиракъалъул ва Леванталъул Исламияб пачалихъ» абулеб багъа-бачариялъул къеркьохъаназ гьаб моцIалъ Тикрит шагьаралда гъоркьлъалие восарав 160-гIан чи чIвана.

Гьадин лъазабуна Human Rights Watch абулеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ.

Жалго яргъид гIуцIарал радикалиял суннитаз абулеб буго жидеца ГIиракъалъул 1700 гIанасев рагъулав-хъулухъчи чIванин. Гьел киналго кколаанин шиитал.