РФ-ялъул президентасул гIакълучияс Украиналъул президент какана

Россиялъул президентасул гIакълучи Сергей Глазьевас «Би-Би-Си» агентлъиялъе интервью кьолаго абуна, Украиналъул президент Петр Порошенкода гьев нацист вугин.

Гьадинаб къимат гьесие Глазьевас кьуна Украиналъулгун Евроцолъиялъул къотIи-къаялда гъоркь гьесул вакилзабаз гъулбасал лъезегIан.

Глазьевас гьединго абуна Украиналда пачалихъияб хиса-свериххасго Евроцолъиялъ хIадур гьабунин.

Россиялъул президентасул гIакълучиясул пикруялда Порошенкоца гъулбасараб къотIи-къай – къануналде данде кколареблъун кколин.