Афгъанистаналда цойги магърибалъул аскарияв чIвана

Афгъанистаналда гьабураб гьужумалъул хIасилалда чIван вуго халкъаздагьоркьосеб коалициялъул цо аскарияв.

ТIокIаб мухIканлъи НАТО-ялъул командованиялъ кьолеб гьечIо.

ГIаммаб къадаралда гьаб моцIалда Афгъанистаналда къватIисел улкабазул 11рагъулав хъулухъчи чIван вуго. Гьездаса микьгояв кколаан американиял.