Нури Аль-Маликица нахъ чIвана Америкалъул ахIи

ГIиракъалъул премьер-министр Нури Аль Маликица арбагI къоялъ телевидениялдаса жиндирго анкьил хитIаб гьабулаго, баян кьуна улкаялда ругел щинал миллатазул ва диниял гIаркьелазул вакилзабигун цIияб хIукумат гIуцIизе кколин абураб суалалда тIаса.

Гьадинаб тIалаб гьабулеб буго Цолъарал Штатаз. Вашингтоналда ккола, ГIиракъалъул хIукуматалде суннитал цIикIкIараб къадаралда ахIулебани, гьелдалъун радикалиял бусурбабазул хIаракатчилъи ва гьез гьабулеб зулму дагьлъизе ккелаанин.

Амма Нури Аль Маликица гьединаб ахIи нахъ чIван, абуна гьединаб хIукму парламентиял рищиязул хIасилалде ва конституциялде данде кколарин.

Гъоркьиса апрель моцIалда шиитазул оппозиция парламентиял рищиязда бергьана ва гьелъул бетIер Аль Малики вахъана премьер-министрлъун. Ахирисеб чанго анкьида жаниб улкаялда цIикIкIана « ГIиракъалъул ва Леванталъул исламияб пачалихъ» абулеб суннитазул радикалияб гIуцIцIиялъул хIаракатчилъи. Гьелъул хIасилалда азаргогIан чи чIван вуго.