Лъабго анкьида жаниб 10000-гIан чи ч1вана ГIиракъалда

ГIиракъалда кьал багъарараб «ГIиракъалъул ва Леванталъул исламияб пачалихъ» абулеб багъа-бачариялъул къурбанлъун лъабго анкьида жанив азаргогIан чи ккана.

Аслияб къагIидаялда гьел ккола Анбар вилаяталъул гIадатиял, ракълилал гIадамал. Гьадин лъазабуна Цолъарал Миллатазул гIуцIиялъ.

РагIулеб буго къеркьохъаназ нарт хIалтIизабулеб кIудияб идара бахъун бугин Мосул шагьаралда бугеб Байджи абулеб бакIалда. Амма официалияб Багъдадалъ гьеб хIужа нахъ чIвалеб буго.