Евроцолъи ва Россия – Украиналъул хIакъалъулъ

Евроцолъиялъул къватIисел ишазул министрабаз итни къоялъ Люксембургалда букIараб данделъиялда Россиялдехун руссун ахIи бана Украиналъул машрикъалъул рахъалда хIалуцараб ахIвал-хIал рукIалиде ккезабиялъул планалде квербакъи гьабиялда.

Министрабаз тIалаб гьабуна Украиналде къануналде данде кколареб къагIидаялда рачIунел рагъухъаби чIезари.

Москаялда тIадаб бугин жиндирго асар хIалтIизабизе Украиналда ругел сепаратистазе, гьел зулмуялдаса инкар гьаризаризелъун.

Жиндир иргаялда Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас лъазабуна, Украиналда халат бахъунеб кризис рагIалде бахъинабизе бегьулин конфликталда гIахьаллъулел киналго рахъалъул вакилзабазул ракълилал кIалъа-басаял тIоритIун.

Гьоркьоб лъезе кколин Украиналъул букIинеселъул суал. Ереваналда букIараб пресс-конференциялда Лавровас абуна Украиналда бугеб гъваридаб кризис ахиралде швезабизе кколин, ва тIаде жубана улкаялъул цо бутIаялда кIвеларин цогидаб бутIа мутIигIлъизабизе.

Лавровасул рагIабазда рекъон Россиялъ гIаммал гьабулеб буго Украиналда гIаммаб миллияб диалог тIобитIизе.