Джон Керри - Багъдадалда

Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керри Багъдадалда данделъана ГIиракъалъул премьер-министр Нури аль-Маликигун.

ТIоритIарал кIалъа-басаязда гьоркьоб лъураб суал – улкаялда бугеб ахIвал-хIал.

Гьениб къойидаса къойиде цIикIкIунеб буго дандечIей. Яргъид гIуцIарал суннитаз гIаммал гьабулеб буго Багъдадалде ине.

Рагъулал суалазул рахъалъан премьер-министрасул гIакълучи генерал Къасим Аттаца лъазабуна 23 июнялда нус-нус ГIиракъалъул аскарияв чIван вугин.