Анкьил аслиял хIужаби: 16 - 21 июнь

Китаялъул Синьцзян абулеб автономияб икълималда терроризмалда бухьен букIиналда гIайибиявлъун рикIкIун, диваналъул  хIукмуялдалъун 13 чи чIван вуго 16 июнялда. Сураталда: Урумчи шагьаралда чIарал аскариял.

17 июнялда Луганскалда чварал ВГТРК телекомпаниялъул журналистал Игорь Корнелюкил ва Антон Волошинил жаназаби 20 июнялда Москваялде щвезарун рукIана

Бразилиялъул Куритиб шагьаралда 200-ялдаса цIикIкIарав чияс тIобитIана футболалъул дунялалъул чемпионаталде данде чIараб акция. Гьеб акция низам биххиялде сверун букIана. Бразилиялъул полициялъ магIу чIвахизабулеб газ хIалтIизабуна гьел нахъе гъей мурадалда.

Америкалъул президент Барак Обамаца хамиз къоялъ лъазабуна ГIиракъалда бугеб ахIвал-хIалалда рарал цо чанго тадбир гьабизехъинбугин. Гьел тадбирал тIоритIилзе ругин "ГIиракъалъул ва Леванталъул исламияб пачалихъ" абулеб багъа-бачариялъул рагъухъаназ улкаялъул шималияб рахъалда ккурал мухъазда. Гьенив 300-гIан рагъулав гIакълучи витIизе вуго, ян абуна Цолъарал Штатазул президентас. Аммаила рагъ бачунел аскариял ритIизе гьечIо, ян мухIкан гьабуна Барак Обамаца.

Украиналъул президент Петр Порошенкоца къватIисел ишазул министралъул хъулухъалде Павел Климовасул кандидатура бихьизабуна ТIадегIанаб Радаялде. Климкиние гьаркьал кьуна 335 депутатас. вел \климкиница Украиналъул халкъалъе гьа бан, министрлъун вахъана 19 июнялда. 

Политикияб гIиллаялдалъун 18 соналъ жаниве тIамурав Арон Атабек гьале моц1алда жанив карцералдавуго. Гьесда хьвадизецин кIоларо. Facebook сайталда хIаракатчагIаз гъулбасал ракIкIарулел руго гьесие медицинияб кумек гьаби тIалабгун хъвараб кагътида гъоркь.

Пакистаналъул Пешавар шагьаралда 18 июнялда щалали лъаларез речIчIун чIвана цIар арай кочIохъан Гуль Наз. 

Тахалдаса инкар гьабурав Испаниялъул къирал Хуан-Карлосил вас Фелипе Анлъабилев иргадулав къираллъун лъазавун вугоан парламенталъул хасаб тадбиралда.  
 

Украиналъул президент Петр Порошенкоца 20 июнялда анкьил маслигьат лъазабуна конфликтазул зонаялда. Донецк икълималъул Святогорск шагьаралда гIадамазулгун тIобитмараб данделъиялда Порошенкоца абуна, маслигьат лъазабун бугин ярагъ гIодобе лъезе сепаратистазе рес кьей мурадалда. Гьеб ахIи сан гьабичIого тарал тIагIинаризе руго, ян абуна Украиналъул президентас.