ГIиракъалъул хIукуматалъул къуватаз Тикрит шагьаралда чIванин «ГIиракъалда ва Левантеялда исламияб пачалихъ» абураб жигьадистазул къокъаялъул 40 яргъид гIуцIаравин, лъазабулеб буго пачалихъияб телевидениялъ.
Гьелдаго цадахъ лъазабулеб буго ГIиракъалъул армиялъул авиациялъ швезабураб кьабиялъул хIасилалда шагьаралда анкьго гIадатияв чиги хванин.
Араб анкьалда «ГIиракъалда ва Левантеялда исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ жиндирго контролалде гъоркье босана Мосул ва Тикрит шагьар, итни къоялда – Тель-Афар шагьар.
Гьелъие гIоло ГIиракъалъул премьер-министр Нури аль-Маликица хъулухъалдаса вахъана чанго кIудияб хъулухъалъул офицер суннитазул радикалиял исламистазул къокъабазул гьужум чIезабизе бажаричIолъиялъул гIайибги гIунтизабун.
Хамис къоялда Цолъарал Штатазул ьпрезидент Барак Обамаца лъазабуна, Вашингтон хIадураб бугин ГйIиракъалда хасал бакIазда рагъула акция тIобитIизеян.