ГIиракъалъул шиитазул лидер Моктада ас-Садрил рахъ ккурав аза-азар яргъид гIуцIарав чияс парад тIобитIана шамат къоялда Багъдадалъул къватIазда. Колоннаби унел рукIана Садр-сити абураб бакIалъул къватIазда.
Парадалъул гIахьалчагIазухъ рукIана автоматал ва гранатометал. Ас-Садрил рахъ ккуразул къуват бихьизабиялъул акция тIобитIана ГIиракъалъул шималияб рахъалда кIудиял территорияби жидерго контролалде гъоркье росарал суннитазул къокъабазул гьужум халат бахъунеб фоналда.
Жакъа информалатаз лъазабулеб букIана «ГIиракъалда ва Левантеялда исламияб пачалихъ» абураб радикалиял исламистазул гIуцIиялъ ГIиракъалдаги Сириялдаги гьоркьоб бугеб гIорхъаби цIунулезул пункт бахъанин.