Украиналъул конфликт загьирлъулеб территориялда гIуцIизе бегьула 100 километралъул буферияб зона

Украиналъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго улкаялъул машрикъалъул рахъалда сепаратисталгун тунка-гIусиязда анкьго чи хвеялъул хIакъалъулъ.

Президент Петр Порошенкоца загьир гьабизесеб конфликталъе ахир лъеялъул планалда бихьизабун рагIула 100-километралъул буферияб зона.

Гьеб планалда рекъон, сепаратистаз нахъе виччазе кколев вуго 100-гIанав гъоркьлъалие восарав. Заман щвелелдего тIоритIизе кколел руго бакIалъулал рищиял.

Бихьизабун буго гьединго нухмалъиялъул децентрализация ва цогидаб. Инфоралатаз бицунеб буго гьединго Донецк обаласталъул Красный Лиман ва Ямполь шагьаразда аскIорехун тунка-гIусиязда хванин сепартистазул 300 вагъухъанин. Амма гьеб информация тасдикъ гьабизе кинабгIаги рес гьечIин.