Афгъанистаналда хIалбихьун буго губернатор чIвазе

Афгъанистаналъул Пактия провинциялъул губернатор Джома Хан Хандардил автоколоннаялде полициялъул форма ретIарал гIадамал тIадекIанцIиялъул хIасилалда хун вуго лъабго чи. Лъабгояв лъукъунги вуго. Живго губернаторасе зарал ккун гьечIо.

Лъугьа-бахъин ккун буго Мазар-и-Шариф шагьаралда аскIобехун.