Жидерго бакIал тун лъутизе ккаразул къадар дунялада цIикIкIун буго 50 миллион чияс

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Жидерго бакIал тун лъутизе ккаразул идараялъ лъазабулеб буго, Дунялалъул кIиабилеб рагъалда хадуб тIоцебесеб нухалъ жидерго рукъзал тезе ккаразул къадар 50 миллион чиясул даражаялдаса тIаде анин конфликтазеги кризисазеги гIолойин.

20 июналда ТIолабго дунялалъул лъутизе ккаразул къо ракIалде щвезабун гьеб гIуцIиялъ бахъараб докладалда абулеб буго, 2013 соналъул ахиралде жидерго бакIал тун (гьездаго гъорлъ улкабазда жанир) лъутизе ккаразул къадар баханин 51 миллионгун 200 азарго чиясде.

Сон цебеккун букIаралде дандеккун, гьеб къадар цIикIкIун буго анлъго миллион чияс.

Докладалда кIвар буссинабулеб буго лъутизе ккаразул 86 процент церетIолел улкабазде кколел рукIиналде.

Сириялда гьединал гIадамазул къадар бахун буго 9 миллион чиясде.

Amnesty International абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ гьеб къоялда хурхун гьабураб лъазабиялда какана Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъиялъул мажлис, парахалъи ва хIинкъигьечIолъи цIунизе бажарулеб гьечIин абун.