ГIиракъалда захIматал тунка-гIусиял халат рахъунел руго

ГIиракъалъул хIинкъигьечIолъиялъул къуватаздаги суннитазул радикалиял исламистазул къокъабаздаги гьоркьор тунка-гIусиял халат рахъунел руго Байджи шагьаралда бугеб нартил цIатIари биччалеб заводалда сверун.

«ГIиракъалда ва Левантеялда исламияб пачалихъ» абураб гIуцIиялъул яргъид гIуцIарал къокъабаз гьеб завод сверун ккун буго. ГIиракъалъул шиитазул рухIияв лидер Аятолла ГIали аль-Систаница ахIи балеб буго улкаялда цIияб «эффективияб» хIукумат гIуцIиялде.

Аль-Систанил вакил ГIабдул-Мехди аль Карбалаица лъазабуна, улкаялдаса нахъ тIамичIого суннитазул экстремистал нахъе къотIизе кколин.

Хамис къоялда Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца лъазабуна, ГIиракъалде витIизе вугин Америкаялъул 300 рагъулав махшелчийин яргъид гIуцIаразде данде ГIиракъалъул нухмалъиялъ гьабулеб рагъалда квербакъи гьабиялъул мурадгунин. Гьесул рагIабазда, бицен гьабулеб гьечIо Цолъарал Штатазул рагъул къуватал ГIиракъалда унеб рагъда гIахьаллъиялъул.

Обамаца лъазабуна, нагагьлъун къварагIел баккулеб бугони, тIобитIизе буго хасаб «мухIканаб» рагъулаб акция. Гьес гьединго ГIиракъаъул лидерал ахIана цоцалъ рагIирекъонгутIиялдаса нахъе иналде. ГIиракъалъул хIукуматалъ Вашингтоналда гьарун букIана исламистазул позициязда гьаваялдаса кьабиял щвезариялде.