"Газалъул рагъалъ" жиндие зарал ккезабизе бегьулин рикIкIунеб буго Евроцолъиялъ

Европаялъул жанубиябгун машрикъалъул регионалъе божилъи бугеб къагIидаялда газ чIезабиялъе бугеб цого-го нух кколин «Южный поток» абураб газалъул рогIоро цIайин, риIкIкунеб буго Россиялъ.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна Россиялъул къватIисел ишазул идараялъул бетIер Сергей Лавровас Белградалда Сербиялъул къватIисел ишазул министр Ивица Дачичилгун тIоритIарала кIалъа-басаязда хадуб.

Газалъул рогIоро баялда хурхараб Россиялдаги Сербиялдаги гьоркьоб гьабураб къотIи-къай рухIалда хутIулеб букIин тасдикъ гьабуна кIиявго министрас. Болгариялъ цебе лъазабухъе, газалъул рогIоро бай гьоркьоб къотIизаби «заманалъулаб иш» бугин лъазабуна Лавровас.

Газалда сверун кIалъа-басаяз хIасил кьечIолъиялда бан «Газпромалъ» Украиналде газ кьаби чIезабуна. Газалъул рогIороялде жанибе кьабулеб буго гIицIго Евроцолъияллде экспорт гьабулеб къадар.

«Газпромалъ» жакъа тасдикъ гьабуна Евроцолъиялде газ тIубараб къадаралда битIулеб букIин. Нухда гьеб бикъиялъул хIужжа загьирлъулеб гьечIин, лъазабулеб буго компаниялъул вакилзабаз.

Россиялдаги Украиналдаги гьоркьоб конфликталъе гIоло Евроцолъиялъул энергетикияб хIинкъигьечIолъиялъе зарал ккезе бегьулин рикIкIунеб буго Бюсселалъ.