Ираналъул ядерияб программаялда сверун унел руго кIалъа-басаял

Ираналъул ядерияб программаялда сверун анлъгорахъалъулал кIалъа-басаязул иргадулаб раунд тIобитIулеб буго Венаялда.

Гьезул мурад ккола Ираналъул ядерияб программаялда гIорхъаби чIезари ва программаялда сверун гьабулеб хIалтIул халкъазда гьоркьосеб контроль чIезаби. Ираналъ къотIи-къаялъухъ тIалаб гьабулеб буго халкъазда гьоркьосел санкцияби нахъе рахъи.

Ахирисеб заманалда гьел кIалъа-басаязул процессалда бихьулеб буго гьитIинабго прогресс. Амма рахъазда бажарулеб гьечIо чанго суалалда сверун цо пикруялде рачIине.

Ираналъул президент ХIассан РоухIаница хьул загьир гьабуна 20 июналда пикру дандеккунгутIиялдаса рорчIизе рукIиналъул.

Ахирисеб заманалда загьирлъулеб буго Магърибалъулги Ираналъулги гьоркьорлъаби хинлъулел рукIин.