Гlиракъалъул конфликталъулъ Ираналъул бакl

Тегераналда 16 июналда ГIалиреза Мошаяри вукъулеб тадбир

​Ираналъул сайтазда ва блогазда кIудияб гIагалигун лъазабулеб буго ГIиракъалда рагъулъ чIван вугин Исламияб инкъилаб цIуниялъул Корпусалъул цо рагъухъанин. Гьезда абулеб буго ГIалиреза Мошаяри вахъанин «ГIиракъалда ва Левантаялда исламияб пачалихъ» абулеб къукъагун гьабулеб рагъулъ Ираналдаса тIоцевесев «шагьидин». Кинаб бакIха кколеб бугеб Ираналъ ГIиракъалда ахираб заманаялда унеб бугеб конфликталъулъ?
Ираналда цо-цо информалатаз шагьидлъун вихьизавулев ГIиракъалда
чIварав ГIалиреза Мошаярил хIакъалъулъ цоги консервативиял информалатаз хъвалеб буго гьев чIванин жинда тIадал рагъулал ишал тIуралаго нагагьаб лъугьа-бахъин сабаблъунин. Гьениб абулеб гьечIо гьев Ираналдагойищ вукIарав яги цоги улкаялдайищ вукIаравали.

http://khabarfarsi.com/ext/9528569

Лъазабиязда рекъон ГIалиреза Мошаяри чIван вукIана 14 июналда. Гьев вукъун вуго Тегераналда 16 июналда.
Мошаяри цеве вукIанин Дамаскалда бугеб Саид Зейнабил зиярат цIунизе Сириялде ун рукIарал ираналъулазда гьоркьовин хъвалел цо-цол баяназеги гьечIо официалияб далил.

http://p313.ir/post-88724.html

http://www.rferl.org/content/iran-revolutionary-guard-syria/25402207.html

Мошаярил гьудул вугин живан абулев чияс хъвалеб буго гьев чIванин ГIиракъалдаса тIадвуссараб мехалдайин.

«Дир лъикIав гьудул шагьидлъарав ГIалиреза Мошаяри вуго ГIиракъалъул Самарра шагьаралда бугеб шигIитазул хирияб бакI- Аскари цIунулезда гьоркьоса тIоцевесев шагьид. Гьев гьединго чанго нухалда ун вукIана Сириялдеги гьенир ругел хириял бакIал цIунизе»,-ян хъвалеб буго ГIаббас Колагьдуз абулев чияс Google+ сайталда.

Исламияб инкъилаб цIуниялъул Корпусалъул сайталда кьурал Мошаяри вукъулеб бакIалдаса суратазда бихьулеб буго гIемерав чияс босун унеб гьесул малиялда тIад Ираналъул байрахъ ккун букIин.

(Суратал руго гьанир)
http://ghasam.ir//fa/news-details/3652/%D8%AA%D8%B4%DB%8C%D8%B9-%D9%BE%DB%8C%DA%A9%D8%B1-%D8%B4%D9%87%DB%8C%D8%AF-%D8%B9%D9%84%DB%8C%D8%B1%D8%B6%D8%A7-%D9%85%D8%B4%D8%AC%D8%B1%DB%8C/

Магърибалъул информалатаз лъазабулеб буго Исламияб инкъилаб цIуниялъул Корпусалъ жидерго чанго къукъа битIун бугин ГIиракъалда Нури аль-Маликил хIукуматалъе кумекалъе ва «ГIиракъалда ва Левантаялда исламияб пачалихъ» абулеб къукъаялъул хехал икъбалазе дандечIей гьабизейин.

http://www.rferl.org/content/iran-iraq-enters-fray/25420987.html

Амма Ираналъул официалиял хъулухъчагIаз гьеб баян уяблъун гьабулеб гьечIо «ГIиракъалда ва Левантаялда исламияб пачалихъ» абулеб къукъаялде данде ГIиракъалъе кумек гьабизе жал хIадурал ругин лъазабулеб бугониги.

Ираналъ кIвар кьун хал ккун буго ГIиракъалъул кIудиял шагьарал Мосул ва Тикрит квердеги росун Багъдадалде ишан ккураб «ГIиракъалда ва Левантаялда исламияб пачалихъ» къукъаялъул ишазда хадуб.
Ираналъул президент ХIасан Роуханица абуна ГIиракъалда гьабулеб бугеб зулмуялъухъ сас тун балагьун чIезе гьечIин Тегеранин.
Ираналъул полициялъул бетIер ИсмагIил АхIмади Могадамица абун буго Тегеран гьеб конфликталде гьоркьобе лъугьине рес бугин ГIиракъалда ругел шигIитазул хириял бакIал цIунизелъунин.

«The Wall Street Journalалъ» ва «The Timesалъ» лъазабуна 12 июналда Исламияб инкъилаб цIуниялъул Корпусалъ жидерго къукъаби ритIун ругин ГIиракъалда хIукуматалъул аскаразе кумекалъейин.

http://online.wsj.com/articles/iran-deploys-forces-to-fight-al-qaeda-inspired-militants-in-iraq-iranian-security-sources-1402592470

9 июналда Ираналъул сайтазда кьолеб букIана рехсараб Корпусалъул командир Къасем Сулейманил ГIиракъалъул депутат Къасем аль-Араджида аскIоб цоцазул квералги ккун бахъараб сурат.
Социалияб сайталда гьеб сураталда гъоркь хъван букIана «ХIажи Къасем гьанив вуго!»-ян.

http://www.farhangnews.ir/content/77839

Амма ГIиракъалда бугеб конфликталде гьоркьобе Иран лъугьун букIиналъул хIакъалъулъ гьечIо кинаб букIаниги официалияб лъазаби.

Араб анкьалда Ираналъул президент ХIасан Роуханица лъазабуна Тегеран хIадураб бугин ГIиракъалда хIинкъигьечIолъи чIезабизелъун Вашингтонгун цадахъ-рекъон хIалтIизейин, гьебги Америкаялъ ГIиракъалда ругел суннитазул экстремистазде данде тадбирал тIоритIулел ругониян.
Араб шамат къоялъ Тегераналда кьураб пресс-конференциялда Роуханица абуна террористиял къукъабазе нилъеца дандечIей ишаздалъун ва рагIабаздалъунин гьабизе кколин.
ГIиракъалда ахирал къоязда кIудиял территориял жидерго контролалде гъоркье росун руго «ГIиракъалда ва Леванталда исламияб пачалихъ» абулеб къукъаялъ. Мосул ва Тикрит шагьаралги росун гьел унел руго Багъдадалдехун.
Америкалъул президент Барак Обамаца лъазабун букIана ГIиракъалде Америкаялъ аскарал ритIизе гьечIин, амма Багъдадалъе кумек гьабизе цоги батIи-батIиял ресал ралагьизе ругин.

Гульноза Эсфандиари
Ума Исхlакъова