Россиялъул пропагандаялъул гьерсал- 2

"Брестская крепость" (2010 г.) абулеб Россиялъулгун Белоруссиялъул кинофильмалдаса кесек хlалтlизабун буго Донбассалда Украиналъул армиялъул "вахlщилъаби" рихьизаризе далиллъун.    

"Мир 24" телеканалалъ Фейсбукалда жиндирго гьумералда кьун букlана 1999 соналда Косовоялдаса лъутулел гlадамазул сурат 2014 соналда Украиналдаса лъутулел гlаламазул сурат гlадин. Гьаб сагlат гьеб сурат нахъе рехун буго. 

Россиялъул актер Иван Охлобыстиница  Сан-Францискоялда букlараб гей-парад кьолеб буго Киевалда мэр вищиялдаса  халкъалъул роххи гlадин.  

1992 соналда Босниялда бахъараб сураталда Сербиялъул "Тигразул" рагъухъанас чlвалев вуго хвалед рехарав боснияв. Гьеб сурат кьун буго "Донбасс украиналъул армиялдаса хвасар гьабизе" абун.  

 "Донецкалъул халкъияб республика" космосалде щун буго фотошопалъул кумекалдалъун.

Россиялдехун цlайи цlикlкlарал сепаратистаз жиндир вас чlван хадуб Путиниде хитlаб гьабурай чlужугlадан йихьизаюлей йиго "киевалъул хунтаялъул" вахlщилъабазул бицуней гlадан хlисабалда. Гьеб видеоялъул оригинал.

Социалиял сайтазда Польшаялде гъорлъе лъугьине бокьараз Тернополалда тlобитlараб митинг гlадин бихьизабулеб буго Варшаваялда 2012 соналъул сентябралда букlараб протесталъул митинг.  

Мексикаялда наркорагъазул къурбанал рихьизарулел руго украиналъул аскаразул жаназаби хlисабалда.  

1999 соналда авиакьабияздаса хадуб бахъараб Белградалъул сурат кьолеб буго "украиналъул армиялъ биххизабураб" Славянскалъул сурат гlадин. 

Чечаналъа сурат кьолеб буго Украиналдаса сурат гlадин.