Cепаратистаз бахъун буго кIиго идараялъул мина

Жинцаго жибго «Донецкалъул халкъияб республикалъун» лъазабураб гIуцIиялъул вакилзабаз ккун буго Украиналъул миллияб банкалъул ва Хайиралъул министерлъиялъул бутIабазул минаби.

Гьелъул хIакъалъулъ Facebook-алда лъазабулеб буго Сепаратистазул лидеразул цояв Павел Губаревас.

Донецк областалъул губернатор Сергей Тарутаца лъазабуна, гьел галабазул квешаб хIасил букIин бегьулин: кьечIого хутIизе бегьулин пенсиябиги харжалгийин.

Сепаратистазул контролалда гъоркь хутIулел руго Донецк ва Луганск областазул территориябазул бутIаби.

Итни къоялъго Днепропетровскалда Украиналъул низам цIунулел идараялъул вакильзабаз Россиялъул дипломатазухъе кьуна 14 июналда ккун вукIарав «Звезда» телеканалалъул кIиго журналист. Гьезде кинабгIаги гIайиб гIунтIизабун гьечIо.