Киевалда халкъияб вечеялъ тlалаб гьабуна рищиязул цIияб къанун

Киевалда Незалежности майданалда гьатIан къоялда тIобитIана иргадулаб халкъияб вече ай данделъи. Гьелъул гIахьалчагIаз ахIулел рукIана 17 июналда ТIадегIанаб Радаялъул минаялда цебе митинг тIобитIизе ва гьениб хех гьабун рищиязул цIияб къанун къабул гьаби тIалаб гьабизе. Гьедин лъазабулеб буго «Украинская правдаялъ».
Вечеялда кIалъараз абулеб букIана улкаялъе хIажат бугин рищиязул цIияб къанун, гьелда кандидатазул сияхIал рагьарал рукIине кколин ва гьанже бугеб щуго проценталъул сангаралъ рес кьолеб гьечIин парламент цIилъизабизейин.
«КIиабилеб тIалаб – парламент хIалхьиялде битIи ва парламенталде иргадулал гурел рищиял тIоритIи»,- ян лъазабулеб буго вечеялъул гIахьалчагIаз.
Гьелде тIадеги, майданалъул активистаз хитIаб гьабун буго Украиналъул президент Петр Порошенкоде. Гьелда гьез тIалаб гьабулеб буго улка цIуниялъул министерлъиялъул, ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул Шураялъул ва генералияб прокуратураялъул бутIрузул ишал заманаялъ тIуралел ругел Михаил Коваль, Валентин Наливайченко ва Олег Махницкий хъулухъаздаса рахъизе.