Афгъанистаналда кьвагьизабун буго 11 чигун автобус

Афгъанистаналъул шималияб рахъалда нухда бомбаялда лъун кьвагьизабун буго рищиял лъугIун хадуб рищиязул комиссиязул гIахьалчагIи рокъо-рокъоре щвезарулеб букIараб автобус. Шамат къоялда гьениб унеб букIана улкаялъул президентасул рищиязул кIиабилеб тур. Эркенлъи Радиоялъул афгъаназул хъулухъалъ лъазабулеб буго гьеб автобусалда тIад вукIарав 11 хун вугин. Гьезда гьоркьор рукIун руго анлъго чIужугIаданги цо лъимерги.
Кьвагьи ккун буго Айбак провинциялъул административияб централъул гIагарлъухъ шамат къоялъул сардилъ кватIараб гIажалда.
Гьединго лъазабулеб буго Герат провинциялда тIалибаз бакIалъул 11
чиясул кверзул килщал къотIун ругин рищиязда гьаркьал кьезе аралъухъ. Цого чияс кIицIул гьаракь кьеларедухъ гьениб кваранаб квералъул килищ чIчIула хасаб щакъиялда гъорлъ.
Рищиязул къоялъ Афгъанистаналда гьабун буго 150 гьужум, хун вуго 46 чи.
Президентасул рищиязул кIиабилеб туралда гIахьаллъулел рукIана къватIисел ишазул экс-министр ГIабдулла ГIабдуллаги улкаялъул финансазул министрлъун вукIарав Ашраф Гъаниги. Рищиязул хIасилазул лъазабизе буго 22 июналда.