Пакистаналда чlван вуго 100-гIан яргъидгIуцIарав

Пакистаналъул армиялъ гьатIан къоялъ авиакьаби щвезабун буго улкаялъул шималиябгун-магърибалъул рахъалда бугеб Дехган абулеб бакIалда яргъидгIуцIаразул чIовудабакIазда. Лъазабулеб буго гьенив 100-гIан чи чIван вугин.
Улкаялъул тIалъиялъ лъазабулеб буго чIваразда гьоркьов вугин яргъидгIуцIаразул лидеразул цояв Абу ГIабдул аль-Маани. Гьесда букIана 8 июналда Карачи шагьаралъул аэропорталъе гьужум гIуцIиялъул щаклъи.
Пакистаналъул улкацIуниялъул министрелъиялъул баяназда рекъон, гьеб операция байбихьун буго гьеб регионалда узбеказул экстремистал ва цоги
яргъидгIуцIарал рукIиналъул информация якъинлъараб мехалда.
Гьелдаса цебе Пакистаналъул тIалибаз ва «Узбекистаналъул исламияб багъа-башари» абулеб къукъаялъ лъазабун букIана узбеказул исламистал гIахьаллъун рукIанин Карачи аэропорталде гьабураб гьужумалъулъин. Гьеб мехалда гьенив хун вукIана 38 чи.