Афгъанистаналда президентасул рищиязул кIиабилеб тур

Афгъанистаналда шамат къоялда унеб букIана улкаялъул президентасул рищиязул кIиабилеб тур. Президентасул тахие гIоло гьенив къеркьолев вукIана къватIисел ишазул экс-министр ГIабдулла ГIабдуллаги улкаялъул финансазул министрлъун вукIарав Ашраф Гъаниги.
Рищиял тIоритIулел рукIана хIинкъигьечIолъи цIуниялъул рахъалъ кьварарал тадбиралги чIезарун.
Эркенлъи Радиоялъул афгъаназул хъулухъалъул баяназда рекъон, рищиязул бутIаби рагьизе дагьаб заман хутIараб мехалда Кабулалда бахъун буго чанго кьвагьи.
Жанисел ишазул министерлъиялъул вакил Сидикъ Сидикъица лъазабун буго кьвагьарал ракетабазул цояб бортун букIанин Кабулалъул халкъаздагьоркьосеб аэропорталдейин. Гьес гьединго лъазабуна гьел кьвагьиязул хIасилалда зарал лъиего ккун букIинчIин ва рищиязул бутIаби жидер заманаялда рагьанин.
Афгъанистаналда рищиязул хIасилал лъазе руго 22 июналда.
Цебе тIалибаз лъазабун букIана рищиязда гIахьаллъаразул цо-цоязе «гIумруялъул багьаяб букIине бугин гьеб гьаракьин».