Нальчикалда номер цоябилеб цIех-рехалъул изоляторалда 50-гIан чияс ракъи лъазабун буго 12 июналдаса нахъе. Гьелъие гIиллалъунги гьез рехсолеб буго жал жанир ккун ругел шартIал гъорхъолъа ун кьваризарун рукIин. Нижехъе щварал мух1канал гурел баяназд арекъон, Грозныялъул №1 цIех-рехалъул изоляторалдаги ракъи лъазабун буго 13 чияс. Гьезги рехсолел руго гьединабго магIнаялъул гIиллаби. Кинал ругел Дагъистаналъул туснахъазда ва цIех-рехалъул изоляторазда шартIал?
Туснахъалъул системаялда хъинтIарал гъалмагъирал гIемер кколел руго ахирисеб заманаялда ва гIемерисала гьел хъинтIарал руго бусурбабазул ва кавказалъулазул ихтиярал хвезариялда.
Мисалалъе, гьал коязда Гъабардагун-Балк ариялъул тахшагьар Нальчикалда номер цоябилеб цIех-рехалъул изоляторалда 50-гIан бусурманчияс ракъи лъазабуна. Гьелъие гIиллалъунги гьез рехсолеб буго гьел жанир ккун ругел шартIал гъорхъолъа ун кьваризарун рукIин. Жидерго разилъи гьечIолъиялъул гьез лъазабуна чанго информалаталдаса н 12 июналда. «Эркенлъи» радиоялъе гьеб хIужжа уяблъун гьабуна ракъи лъазабуразул цоясул адвокат Лиза Шакица.
Жанир тIамурал бищунгоразиял гьечIо какил хIажалъиял тIуразе ресал гьечIолъиялдаса ва рокъоса гьезие гIагараз кьолел сайгъатал гьезухъе риччалел гьечIолъиялда. Жанир тIамураз жеги лъазабулеб буго жидее чIезарун ругел шартIал Рамазан моцI гIагарлъанагIан кьваризарулел ругин. Нальчикалъул №1 цIех-рехалъул изоляторалда жанир ккураз ракъи лъазабун букIиналъул хIакъалъулъ гьечIо кинал рукIаниги официалиял лъазабиял.
Чачаналда Грозныялъул №1 цIех-рехалъул изоляторалда 13 чияс ракьи лъазабун букIиналъул «Эркенлъи» радиоялъе бицана ракьи лъазабуразул цоясул эбелалъ. Гьезги гьедин лъазабулеб буго жидее ругел шартIазда разилъунгутIи.
Адвокат Лиза Шакил рагIабазда рекъон, туснахъазда ракъи лъазабиялъе чанги гIилла буго.
Лиза Шак: «Руго туснахъалда ракъи лъазабурал. Гьелъие гIиллалъун ккун буго туснахъалъул нухмалъиялъ гьезул ихтиярал хъвачIго хвезари ва низам гъорхъолъа ун кьваризаби. Жанир тIамуразе ракъи лъазабиялдалъун бокьун буго жидер проблемаялде кIвар буссинабизе. Рокъоса гьезие кьолеб-толебги гьенибе биччалеб рагIуларо къанагIат гурони, гьезул гьариялги гIин тIамичIого толел руго. Щиб гьитIинабги гIайиб кканиги кьварараб тамихIги гьабулеб буго гьезие».
Инсанасул ихтиярал цIунулез чанги нухалъ лъазабун букIана туснахъаздагун изоляторазда бусурбабазул ихтиярал хвезарулел ругин, диналъ тIадкъарал ишал тIуразе гьел ричалел гьечIин ва гь.ц. «Правозащита» абураб инсанасул ихтирал цIунулеб гIуцIиялъул нухмалъулей Гульнара Рустамовалъул рагIабазда рекъон, Россиялъул регионазда ругел туснахъазда ва Дагъистаналда ругел туснахъазда батIи-батIияб ахIвал-хIал батулеб буго. Гьанир ругел бусурбабазе бигьа буго диниял тIалабал тIуразе. Амма Шималияб Кавказ тун цогидал регионазул туснахъазда бусурбаби дандчIвалел руго динияб рокьукълъигунги гьединго миллияб рокьукълъигунги.
Шималияб Кавказалдаса чагIи туснахъазда дандчIвалел руго ксенофобиягунила н абулеб буго Рустамовалъ. «Туснахъалъулаб системаялда хIалтIулел руго Чечняялда рукIарал рагъазда гIахьаллъарал гIемерал чагIи. Гьел хIалтIухъабазул психикаялъул хал лъица гьабулеб бугеб? Кавказияздехун гьезул бербалагьи кинаб бугебали лъица лъазабураб? Чанги гIарза буго туснахъаздаса кавказиязул жидер миллат сабаблъун жидее рахIат толеб гьечIилан», - ян бицана Рустамовалъ.
Гьелъул рагIабазда рекъон тамихIал тIуралеб федералияб хъулухъалъул идараялда ай УФСИНалда ришватчилъиги тIибитIун буго. «Дагъистаналда туснахъазда теян жидер гIагарал чагIиилан гIарзаби хъвала гIемераз. Гьезда гьоркьоса цониги гIарзадул гьадинго халгьабуларо. КъваригIун бугищ, мисалалъе, вац, вас яги рос Дагъистаналда ругел туснахъазда вукIине – кье гIарац, ришват. Ришваталъул къадарги батIи-батIияб букIуна. Гьеб бан букIуна диваналъ бихьизабураб тамихIалда, туснахъалде витIулеб вугеб регионалда. Ришваталъул гьоркьохъеб къадар 300 азарго гъурщиде бахуна», - илан абуна инсанасул ихтиярал цIунулелъ.
17 июналда Дагъистаналде бачIине ккола ЖамгIияб палатаялдаса къукъа. Туснахъазда, сизоязда, изоляторазда ругел гIадамазул ихтиярал ккин цIунун ругелали халгьабулеб комиссиягун ай ОНКагун цадахъ гьеб къукъаялъ гургинаб стол гьабизе буго МахIачхъалаялда. Туснахъазда тIамуразул ихтиярал цIуни – гургинаб столалда гьеб тема букIине буго аслияблъун.
«Дагъистаналъул улбул» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул нухмалъулей Светлана ГIисаева уна республикаялда бугеб ОНКялда гъорлъе. Гьелъул рагIабазда рекъон, комиссияни хIалтIулеб буго регионалда амма хIалтIул хIасилазда батIаго лъикIал ругин абизе кIолеб гьечIо. ГIисаевалъ бицана «Эркенлъи» радиоялъе комиссиялде гъорлъе унезул хIалтIи лъикIлъизе букIанилан къанунал хисани. Мисалалъе, комиссиялде гъорлъе унезул ихтияр гьечIо туснахъалде рачIине лъазабиялъул хасаб документги битIичIого.
Гьединго комиссиязде гъорлъе унезул ихтияр буго туснахъалъул яги сизоялъул цохIо камерабазул халгьабизе. «Мисалалъе, полициялъул отделалда жидер гIагарав чи вухулев вугилан гIарзагун ячIана цо гIадан. Доб РОВДялда ана. Иналде цебе, къануназда рекъон, лъазабуна рачIунел ругилан комиссиялда гъорлъе унел. РОВДялда ругел камерабазул хал гьабуна. Щивго вухарав чи ватичIо. Дой гIаданалъул вас кив вугевали гьикъана. Жидехъ гьев гьечIилан абулеб буго РОВДялда. Гьелда божичIо. Амма камераялда гьев чи гьечIо, кабинеталда вахчизавун ватилаха. Амма кабинетазда ине ихтияр гьечIо комиссиялъул», - илан абуна ГIисаевалъ.
Светлана ГIисаева: «Туснахъазда ругезухъа цониги гIарза щвечIо нижехъе жеги. Официалияб гуреб куцалда щвараб информация ва гIарзаби гIемерал руго. ГIадамазе рекIее гIолеб гьечIо туснахъалъул системаялда бугеб ахIвал-хIал. ГIадамазул гIарзаби руго гIагаразухъе кагътал ритIизе ва гьезухъа нахъе кагътал щвезе захIмалъулеб бугин бурал. Руго туснахъалъул хIалтIухъабазул вахIщилъиялда тIасан, цо мекъи абураб рагIи сабаблъун квешго рухулел ругин хъваралги. Гьел гIарзалги рагIун инсанасул ихтиярал цIунулел туснахъазде рачIараб мехалда гьенир ругез абула кинабго лъикI бугин, киналгIаги гIарзаби гьечIин. Гьелгун кIалъазе кколел руго туснахъалъул хIалтIухъабиги аскIор чIезарун, къануназ гьедин бихьизабун бугелъул. Гьединлъидал туснахъазда ругез бицине бокьараб бицунеб гьечIо, бицунеб гьечIо кигIан квешаб ахIвал-хIал гьениб бугебали».
Дагъистаналда бугеб ОНКялъул нухмалъулев ХIасан Айгуновасул рагIабазда рекъон, республикаялда буго 46 изолятор ва 9 туснахъ (гьел ичIгоязда гъорлъе уна колонияби, лагерал ва гь.ц.). Гьес бицана туснахъаздаса къватIире рачIарал гIадамазда гьоркьосан 30% гурони нормалияб гIумруялде тIадруссунарин. «Жеги 30% кинниги кIоларо нормалияб ракълилаб гIумруялде тIадруссине ва цодагьаб мех индал гьез цIидасан такъсир гьабула ва гьел цIидасанго туснахъазде нахъе щола. ХутIарал 40% къваригIуна кумек. Гьезда гьоркьосан гIемерисезе кIола нормалияб гIумруялда тIадруссине, амма гьезие кумек гьабизе ккола жамгIияталъ», - илан абуна Айгуновас ва тIаде жубана гIаммаб къагIидаялъ рецидивазул къадар Дагъистаналда 45% бахунин.
Республикаялда ругел изоляторазда, сизоязда ва туснахъазда ахIвал-хIал лъикIаб рахъалдехун хисулеб бугин рикIкIунеб буго Айгуновас. Гьес абухъе, ахирал соназда шартIал хисана, амма гIунгутIаби жеги гIемер руго. «АхIвал-хIални хисулеб буго, амма гьеб жеги релъунеб гьечIо Европаялда бугеб ахIал-хIалалда. Абизе ккола гьанибго, гIемерисезда туснахъ бихьулеб буго тамихI гьабизе ритIараб бакIлъун. Цояб рахъалдаса гьеб гьедин буго. Амма Европаялда гьеб бичIула чи хисизавулеб бакIлъун, чи ракълилаб гIумруялде тIадвуссинавизе хIадур гьабулеб бакIлъун. Киназдаго жаваб кьезе кIвезе батила, Россиялъул туснахъалъул системаялъ чи кин хисизавулев», - илан абуна «Эркенлъи» радиоялъе Айгуновас.
Гьединго гьес бицана Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ кинабгIаги хIалтIи гьабулеб гьечIин полициялъ ккуразул ихтиярал хвезаричIого рукIиналъе. ОНК Дагъистаналда рагьараб мехалда МВДялъул хIалтIухъабигун цадахъ чанги командировкаялда ана комиссия, амма ахирисеб кIиго-лъабго соналда жаниб цониги командировка букIинчIо. ТIадежоялъе РОВДязда комиссиялъул вакилал ричалел гьечIин гIарза МВДялда битIараб мехалда кинабгIаги багъа-бачари бихьулеб гьечIин бицана Айгуновас.
«МахIачхъалаялда ва Гъизляр мухъалда ругел полициялъул бутIабазда тIаса чанги гIарза буго. Гьенире ккарал гIадамал изоляторазда ва сизоязда рухун-кьабун щолел руго. Гьелъухъ жаваб кьолеб гьечIо лъицаниги кигIан гIарзаби хъваниги», - илан абун Айгуновас.
Инсанасул ихтиярал цIунулей Светлана ГIисаевалъ бицана араб анкьалда комиссиялъул лъабго вакил щванилан Гъизляралда бугеб изоляторалда. Гьелъул рагIабазда рекъон, изоляторазда ругезул гIарзаби рукIинчIо ИВСалъул хIалтIухъабазда тIаса, амма гIемерисез абулеб букIана жал кколеб мехалда полициялъ жидерго хIалтIи тIасаккараб хIалалъ гьабулеб букIанин.
Мисалалъе, гьал коязда Гъабардагун-Балк
Жанир тIамурал бищунгоразиял гьечIо какил хIажалъиял тIуразе ресал гьечIолъиялдаса ва рокъоса гьезие гIагараз кьолел сайгъатал гьезухъе риччалел гьечIолъиялда. Жанир тIамураз жеги лъазабулеб буго жидее чIезарун ругел шартIал Рамазан моцI гIагарлъанагIан кьваризарулел ругин. Нальчикалъул №1 цIех-рехалъул изоляторалда жанир ккураз ракъи лъазабун букIиналъул хIакъалъулъ гьечIо кинал рукIаниги официалиял лъазабиял.
Чачаналда Грозныялъул №1 цIех-рехалъул изоляторалда 13 чияс ракьи лъазабун букIиналъул «Эркенлъи» радиоялъе бицана ракьи лъазабуразул цоясул эбелалъ. Гьезги гьедин лъазабулеб буго жидее ругел шартIазда разилъунгутIи.
Адвокат Лиза Шакил рагIабазда рекъон, туснахъазда ракъи лъазабиялъе чанги гIилла буго.
Лиза Шак: «Руго туснахъалда ракъи лъазабурал. Гьелъие гIиллалъун ккун буго туснахъалъул нухмалъиялъ гьезул ихтиярал хъвачIго хвезари ва низам гъорхъолъа ун кьваризаби. Жанир тIамуразе ракъи лъазабиялдалъун бокьун буго жидер проблемаялде кIвар буссинабизе. Рокъоса гьезие кьолеб-толебги гьенибе биччалеб рагIуларо къанагIат гурони, гьезул гьариялги гIин тIамичIого толел руго. Щиб гьитIинабги гIайиб кканиги кьварараб тамихIги гьабулеб буго гьезие».
Инсанасул ихтиярал цIунулез чанги нухалъ лъазабун букIана туснахъаздагун изоляторазда бусурбабазул ихтиярал хвезарулел ругин, диналъ тIадкъарал ишал тIуразе гьел ричалел гьечIин ва гь.ц. «Правозащита» абураб инсанасул ихтирал цIунулеб гIуцIиялъул нухмалъулей Гульнара Рустамовалъул рагIабазда рекъон, Россиялъул регионазда ругел туснахъазда ва Дагъистаналда ругел туснахъазда батIи-батIияб ахIвал-хIал батулеб буго. Гьанир ругел бусурбабазе бигьа буго диниял тIалабал тIуразе. Амма Шималияб Кавказ тун цогидал регионазул туснахъазда бусурбаби дандчIвалел руго динияб рокьукълъигунги гьединго миллияб рокьукълъигунги.
Шималияб Кавказалдаса чагIи туснахъазда дандчIвалел руго ксенофобиягунила