МахIачхъалаялда ругел киналго базарал тIасияб соналъул ахиралде щвезегIан шагьар бахун къватIире гочинаризе хIукму гьабун буго гIемерисел гьел базарал бугеб бакIалдаса аскIоса гIебеде гIадамал ва транспорталъул хьвадиялъе кIудияб квал-квал кколеб букIиналда бан. Амма жалго базаралъул ричарухъабазул цо-цоял дандечIун руго гьединаб хIукмуялда.
2015 соналде МахIачхъалаялда ругел 17 базар шагьар бахун къватIирехун гочинаризе ругилан лъазабуна гьал къоязда тахшагьаралъул нухмалъулев Сулейманов МухIамадица. Киналго гьел базарал жанир хIебтIизе гIураб ракь бугин шагьар бахун къватIибехунилан абулеб буго бетIерас. Тахшагьаралъул базарал нахъе рахъизе ккеялъул тIоцебе бугеб гIиллалъун ккола гьезда аскIоса гIебеде шагьранухазда автомобилал хьвадулеб мухъалда цIакъго квешаб хIалкъай лъугьунеб букIин. Бищунго цIакъ гьединаб ахIвал-хIал загьирлъола цадахъго кванил нигIматал ричулеб, халкъалда гьоркьоб ЦIумадисезулилан абулеб базаралда аскIоб.
Гьеб базар нахъе бахъулеб букIиналъул бицунеб бугелдаса чанго сон бугилан абизе бегьула, хасго бищунго цIакъ гьеб харбал гIемерлъун рукIана араб соналда. Доб мехалъ абулеб букIана гьеб бахъизе бугин шагьар бахун къватIибехун Ленинкент абураб росдада аскIобе. Араб соналда гьеб базаралъул цо бутIа нахъе бахъун шагьарлъул цогидаб рахъалде бахъун букIана.
Гьединго абулеб букIана 2013 соналъул 1-б январалдаса байбихьун гьеб базар тIубанго къазе бугилан. Амма хIалтIи гьечIого ругел чанги гIадамал жанир хIебтIун ругеблъиги, социалияб рахъалъ гьеб базаралъул кIвар буголъиги хIисабалде босун, тIубанго къачIого гьелъие альтенартивияб мисал балагьизе хIукму гьабун бугин республикаялъул тIалъиялъ.
«Риа-Дагестан» информ. агентлъиялъ кьураб баяналда хъвалеб буго жакъа цIумадисезул базаралда ругел чанги ричарухъабазул дармил рукъзал ругин гьеб шагьар бахун къватIибехун гьеб гочинабизехъин бугеб ракьалда, гьединлъидал гIемерисел ричарухъабазул дандечIей букIине гьечIин базар цогидаб рахъалде бахъизе гьабураб хIукмуялдаян. Амма бицен гьабулеб базаралда хIалтIулев вугев вичарухъан Юсупица ритIухъ гьабичIо гьеб баян. Шагьар бахун къватIибехун гьеб базар бахъани жидер гьаниб букIараб гIадаб дарам доба букIине гьечIилан рикIкIунеб буго гьес.
Вичарухъан Юсуп: «Гьаниса батIияб бакIалде рахъинарун нижее хайир гьечIо, гIемерисел ричарухъабазул дарамги чIезе буго, базарги тIатIала ккун биххизе буго.
БатIияб бакIалде рахъинаризе ругилан бицунел руго гьел, амма рахъинарунго рахъунарого руго, цого чIанда бицунел гьелги руго».
ЭР: «Нагагь чIванкъотIун гьединаб суал лъуни нуж рахъинаризе ругилан ва гьеб хIукму рагIалде бахъинабизе гьел лъугьани дандечIун къватIире рахъине ругищ нуж?
Юсуп: «КъватIире ниж рахъинаро, хIукуматалда данде рахъун щиб нижеца гьабилеб? Рахъун рукIана 14 соналъ цере Дахадаевасул цIаралда бугеб къотIнор ниж ругеб мехалъ, щиб гьелъул ккараб, кингоги гочинаруралъул ниж. Амма нижги гьениса гочинарун гьеб бакIалдаги щибха гьез мунпагIат бугеб бакI бараб, ялъуни гьабураб? Гьанисаги ниж гочинарун хадуб цо чванта биццатав чияс жиндего цо хъала ялъуни кIудияб дармил комплекс базе батилаха.
Щибаб моцIалъе цо дармил рукъ бугеб бакI рикIкIун 2500-3000 гъурущ уна гьез базархIакъалъул бакIарун, гьелда хутIичIого токалъухъ, магъалодухъ кигIан гIарац унеб бакIарун. 17 базар кибе гьез бахъулебали дида лъаларо, рахъинареян абеха лъие зарал букIонебали бихьизе…».
Гьединго суал бачIунеб буго тахшагьаралда бугеб кванил нигIматал ричулеб кIиабилеб базарги шагьар бахун къватIибехун гочинабун хадуб гIадамаз кин гьеб къабул гьабизе бугеб абураб. Щайгурелъул батIи-батIиял кванил нигIматал, пихъ-мичI ва пастIаби росизе гьенире рачIине гIадамазе квегIенлъи букIана, гьанже гьеб киналдасаго хадуб кIудияб заманги нухда бахъун, тIубараб шагьар къотIун кинин гьел ине ругелиан гIажаиблъи гьабун гьикъулеб буго гIемерисез.