Украиналъул Мариуполалда тlад пачалихъалъ контроль чlезабун буго

Украиналъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго сепаратистаз кверде босун букIараб Мариуполь шагьаралда тIад пачалихъияб контроль чIезабизе кIун бугин. Улкаялъул жанисел ишазул министр Арсен Аваковас лъазабуна гьеб шагьаралъул администрациялъул минаялда тIад Украиналъул байрахъ парпаданин 13 июналда бакIалъул заманаялда рекъон, сагIат анцIила цоялде бащдаб хIалтIараб гIужалдайин. Гьесго лъазабуна гьениб букIараб рагъулаб тунка-гIусиялда щуго сепаратист чIван вугин ва пачалихъяил аскаразул кIигояв лъукъун вугин.
Донецкалда жиб лъидаго бараб гьечIин лъазабураб Донецкалъул халкъияб республикаялъул лидер Денис Пушилинил автомашина кьвагьиязабиялъул хIасилалда лъукъун вуго щуго чи. Пушилин машиналъув вукIун гьечIо.

Донецк икълималъул Кировское шагьаралда «Гранд-Инвест Плюс» абулеб компаниялъул шахтаялда батун буго анкьго тIурччи бахъулесул жаназа. Жеги кIигояв кив вугебали лъалеб гьечIо. Гьел ралагьулел руго.
Кьвагьи ккун буго 12 июналъул сардилъ 300 метралъул гъварилъуда. Гьелъие гIиллалъун рехсолеб буго метан кьвагьи. Гьеб авариялъул лъазабураб агентлъиялъул баяназда рекъон, гьеб шахтаялда «къануналде данде кколареб куцалда бахъулеб букIун буго тIурччи». Ккаралъул тIокIал мухIканлъаби гьечIо.