Бугебги бичун бечелъизе бахъараб ахlи

900 млн гъурщил бакIалда 300 млн. гIанасеб гъурщиде бичана гьал къоязда "Дагъистаналъул авиалиниял" абураб гIуцIи. Гьелдаса моцIалъ цебехун 250-гIан млн. гъурщиде бичана МахIачхъалаялъул автовокзал. Бичизехъин буго Гъизляралъул коньяк гьабулеб заводги, "Газпромалъул" магIишатги. Гьелда бан цо-цояз гIайиб-гъвел гьабулеб буго республикаялъул нухмалъиялда. Руго гьел галаби ритIухъ гьарулел пикрабиги.

МоцIгIан мех гурони гьоркьоб инчIо МахIачхъалаялъул аэропортги, автовокзалги бичаралдаса.

Гьезул бетIергьабилъун рахъана олигарх Сулейман Керимовги, цеве Дагъистаналъул хIукуматалда жинца транспорталъулсуалал тIуралев вукIарав СагIид СагIидовги. Гьединабго къисмат букIинехъин буго Гъизляралъул коньяк гьабулеб заводалъулги.

Республикаялъул мал-мулкалъул министерлъиялъул баяназда рекъон, исана приватизация гьабизе буго пачалихъалъухъ букIараб 13 объекталъул. Гьелдалъун нухмалъиялда ракIалда буго дотацияз хьихьараб республикаялъул бюджеталда рухI речIчIизабизе. Амма гIемерисеб мехалда гIадатиял гIадамазул буго гьелдаса разилъи гьечIолъи. Гьедин хIукуматалъул мал-мулкалъул бетIергьанлъи хасал гIадамазухъе кьолеб бугилан, гIайиб-гъвел гьабулеб буго Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасде. Гьелдаса пайда босулеб буго гьесул оппозициялъги.

10 июналда республикаялъул журналистазе пресс-конференция кьолаго, «Дагъистаналъул авиалиниял» росарав чи Сулейман Керимов кколин мухIкан гьабичIо мал-мулкалъул министр Зейдула Юзбековас. Абуна гIицIго «Международный аэропорт Махачкалы» абураб гIуцIи бергьанин гьениб. Керимовасда цадахъго аукционалда гIахьаллъизе гIарза кьун букIун буго «Северный морской путь» абураб банкалъул бетIергьаби, вацал Ротенбергаз. Амма Украинаялда ругел лъугьа-бахъиназдалъун экономикиял санкциял чIезариялъ, аукционалда гIахьаллъун гьечIо гьел.

Аэропорталъул аукционалда бан гьадинаб баян кьуна журналистазе министр Юзбековас.

Зейдула Юзбеков: «Дагъистаналъул авиалиниял» ричана 298 млн гъурщиде. Гьеб кутакалда учузго бугилан дагIба балеб буго цо-цояз. Амма жакъасел тIалабазда дандекколедухъ аэропорт къачIазе ккани, дов инвесторасдаса тIубанго цIоко бахъизе бегьилищ? Германиялда, масала, хIулун тIатIала кколел ругел, гьединал бакIал ричула гьвел багьаялде – цо маркаялъухъ. ГIицIго инвесторасулгун къотIи гьабулаха гьеб гьеб объект цебетIезабизе тIаде босулеб бугилан абун. Гьеле гьединаб шартIалда хIалтIизе буго аукционалда бергьараб «Махачкалинский аэропорт» абураб гIуцIиги».

Байбихьудайин абуни «Дагъистаналъул авиалиниязул» багьа чIезабун букIана 900 млн гъурщиде гIагарун. Гьединаб кIудияб багьаялдаса гъоркье кин рачIаралали мухIкан гьабулеб гьечIо республикаялъул нухмалъулез. Министр Юзбековасухъаги бажаричIо гьелъие чIванкъотIараб жаваб кьезе. Сулейман Керимовас босиялдалъун кутакалда битI кканин МахIачхъалаялъул аэропорталъейин абуна гьес гIицIго. Гьеб гуребги, Дагъистаналъул бюджеталъе магъалабиги кьолев, олигарх Сулейман Керимов гIадал инвесторазул хIурмат гьабизе кколила. Гьединго адаб тезе бегьуларила Дагъистаналъул миллиардеразулги политиказулги.

30 апрелалда бичана МахIачхъалаялъул автовокзалги. Гьелъул бетIергьанлъун вахъана СагIид СагIидов. Цеве транспорталъул рахъалъ республикаялъул хIукуматалда бугеб бутIаялъул нухмалъиялда вукIана гьев.

Зейдула Юзбеков: «Автовокзал бичана 252 млн гъурщиде. Байбихьуда гьелъул багьа I00 млн гъурущ чIезабун букIана. Гьеб ккола республикаялда аукционал гьаризе байбихьаралдаса нахъе тIоцебе гьабураб бищун ритIухъаб аукцион».

Гъизляралъул заводалда сверун буго Гъизляралда ахIи-хIур. Гьелъул цеве вукIарав нухмалъулес гьеб завод дагь-дагьккун банкроталде бачунеб батанилан, заводалъе приватизация гьабизе ракIалда буго республикаялъул тIалъиялда.

Гьелда бан гьадин бицана мал-мулкалъул министр Юзбековас.

Зейдула Юзбеков: «Россиялда чогърол киналго заводал руго акциячагIазул гIуцIиялде сверизарун. Нилъер заводалъ гьеб шартI цIунулеб гьечIони, лъикIаб букIунаро».

Министрасул рагIабазда рекъон, Гъизляралъул заводалъул налъабазул къадар гьелъ жинцаго хIадурараб коньякалдаса щолеб хайиралдасаги цIикIкIараб буго – цо млрд гъурущ.

Бицен гьабулел суалазда тIасан ЭР-ялъе пикру загьир гьабулеб буго «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевасги.

МухIамад БисавгIалиев: «Гъизляралъул коньяк гьабулеб заводалъул суал ГIабдулатIиповас Москваялда улкаялъул нухмалъулезулгун дандги бан рагIула, 20I6 соналде щвезегIан киналго ГУПал акциячагIазул гIуцIабазде сверизаризе кколел руго, гьезул пайда букIине кканани. Москваялде щвезегIан рагIула гьеб заводалъ хьихьарал чагIи. Гьединлъидал ахIи-хIурги рагIула гьезги оппозициялъги багъаризабураб. Гьелъ цодагьалъ чIезабунги буго. Дида ккола гьелъие приватизация гьабулила. Хайирги бачIунеб, белтазул рахъалъ гIадамазе санагIалъиги бугеб аэропорт гьабизе ккани, гъодин гьабичIого бажарулароан. КIудияб багьа чIезабуни, бизнесменал гъоре рачIунаро.

Автовокзалги бичана – Чубайсица приватизация байбихьаралдаса нахъе, базаралъул багьаялде гIагарараб куцалда объект бичараб цого цо хIужа ккана гьеб. 10-15 млн гъурщиде ричулел рукIана нухмалъиялъ гьанир ришваталги росун кIуди-кIудиял заводал».

КватIичIого ричизе руго «Газпромалъул» къайимлъиялде кколел газил магIишаталъул цо-цо бутIабиги.