Украиналъул президент Петр Порошенкоца тIадкъай кьун буго яргъидгIуцарал сепаратистазде данде Украиналъул армиялъ рагъ гьабулел мухъаздаса лъутулел гIадамал эркенго гьениса нахъе инелъун коридор чIезабизе тIадкъай. Гьелъул мурад буго гIадатияб халкъалъе зарал ккезе биччангутIи.
Украиналъул президентасул сайталда лъазабулеб буго Порошенкоца хIукуматалъе кьун бугин контртеррористияб операциялъул зонаялдаса гIадатиял гIадамал нахъе рачине, гьезие медикияб кумек гьабизе ва гьел квенгун цоги хIажаталдалъун хьезаризе рес чIезабейин тIадкъай.
Хасал операциял унел бакIаздаса Украиналъул цоги регионазде лъутарал гIадамал рукIа-рахъине бакIал чIезаризе тIадкъай кьун буго бакIазул администрациязул бутIрузе.
Цебе Порошенкоца лъазабулеб букIана улкаялъул машрикъияб рахъалда кьвагьи гьаб цо анкьалда жаниб чIезабизе кколин.