Пакистаналда чIван вуго 26 чи

Пакистаналъул Карачи шагьаралда халкъаздагьоркьосеб аэропорталде тIаде кIанцIарал яргъидгIуцIаразде данде рагъулаб операция тIобитIулаго чIван вуго 26 чи.
Хваразда гьоркьор руго аэропорталда хIалтIулев вукIарав 11 чиги, жеги кIиго гIадатияв чиги.
Рагъулаз лъазабулеб буго аэропорталде гьужум гьабун букIанин 10 яргъидгIуцIарасин. Гьужумги гьабун буго гьатIан къоялдаса итни къоялде сардилъ ва гьениб рагъ рогьинегIан халат бахъун буго.
ТIадекIанцIи гьабуразда ретIун букIун буго хIинкъигьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъул хIалтIухъабазул ретIел ва гьезда ран рукIун руго жалго чIвалезул ручлул.
Гьеб гьужумалъул жаваб тIадебосун буго «Тэхрик-э-ТIалибан» абулеб къукъаялдаса тIалибаз. Нижер радиоялъухъе щварал баяназда рекъон, тIалибаз гьеб гьужум гьабун буго араб соналда пилот тад гьечIев аэропланалъ гьезул лидер ХIакимулла Масуд чIваялъухъ къисас босизелъун.