​ГIиракъалда гъоркьлъалие росун руго студентал ва мугIалимал

ГIиракъалъул Рамади шагьаралда яргъид гIуцIараз гъоркьлъалие восун вуго бакIалъулаб университеталъул анцI-анцI студент ва мугIалим.

Полициялъул хIисабалда, тIадекIанцIун руго «Аль-Каидаялдаса» батIалъараб «ГIиракъалъул исламалъул пачалихъ ва Леванте» абураб суннитазул радикалияб къокъа.

Лъазабиязда рекъон, гьез чIван вуго чанго хъаравул, кьвагьизабун буго университеталъул комплексалде унеб кьо. Гьединаб къагIидаялда гьез гьеб бакъ къотIизабун буго жибго шагьаралдаса.

Университеталъул комплекс сверун ккун рагIула хIинкъигьечIолъиялъул къуватаз. «ГIиракъалъул исламалъул пачалихъ ва Левантеялъ» ва суннитазул цогидал радикалиял гIуцIабаз соналъул байбихьуда Анбар провинциялъул Фаллуджа ва Рамади шагьаразул цо-цо бакIазда тIад чIезабун буго жидерго контроль.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул бакIал тун лъутIизе ккаразул ишазул идраялъул информациялда рекъон, ахирисел моцIазда Анбар провинциалда ккарал тунка-гIусиязе гIоло жидерго бакIал тезе ккун буго 480 азарго гIанав чияс.