Регионазул бутIрузул иградулаб рейтинг

Рамзание - анкьабилеб, Рамазание - 21 бакI

Константин Костинил «Гражданияб цебетIеялъул Фондалъ» экспертазул квербакъиялдалъун хIадур гьабуна гьале иргадулаб лъабабилеб рейтинг – регионазул бутIрузул къадру бихьизабулеб. Хасго иргадулал гурел рищиязде арал регионазул бутIрузул рейтинг эхеде борхана, ян абулеб буго Константин Костиница.
Рейтингалъул мухIканаб анализ загьирабун буго «Известия» газетаялда. Гьениб хъван буго рехсараб рейтинг – консервативияб хасияталъулаб бугин. Бищун кIудияб балл, ай къимат, ракIалдаго гьечIого щун буго Ямал-Ненец автономияб икълималъул губернатор Дмитрий Кобылкиние – 98 процент.

Гьединаб къимат гьесие кьун буго гьес жиндирго хIалтIи лъикIлъизабун букIиналъухъ. Гьеб бихьизабулеб бугин халкъазда гьабураб гьикъа-бакъиялъул хIасилалъ. Константин Костиница абулеб буго цойги кIвар цIикIкIараб хIужалъун кколин рищиязул кампания. Гьелъ кIудияб асар гьабулеб бугин рейтингалда бутIрузе бакIал кьеялъе.

Губернаторазе къиматал кьолаго хIисабалде росулел рукIана социологиялъул рихьизариял, федералияб ва бакIалъулаб прессалда загьирарурал макъалаби.
«Гражданияб цебетIеялъул Фондалъул» сияхI ункъго бутIаялъ бихьун букIана. «ЦIакъ борхатаб рейтинг», « Борхатаб рейтинг», «Гьоркьохъеб рейтинг» ва ахирисеб «Гьоркьохъеб даражаялда гъоркь бугеб рейтинг».

«ЦIакъ борхатаб рейтингалда» тIадехун рехсарав Ямал-Ненец икълималъул губернаторасда хадур рехсон руго Калуга икълималъул губернатор Анатолий Артамонов ва Татарстаналъул бетIер РустIам Минниханов.

Кемерово икълималъул бетIер Аман Тулеевасул рейIтинг кIиго даражаялде гIодобе ккун буго. Гьесда тIад рахъана Белгород икълималъул губернатор Евгений Савченко ва Москваялъул мэр Сергей Собянин.

Щайин гьикъани, гьадинаб жаваб кьезе бегьула, ян дурус гьабулеб буго «Известия» газетаялъ: Кемерово икълималде данде ккун Белгород икълималда рукIа-рахъиналъул шартIал лъикIал ругин чанги нухалъ.

Собяниние цIикIкIараб къимат щун бугин Москваялъул тIалъиялъ шагьаралъул Думаялде рукIинесел рищиязда цебе жигараб къагIидаялъ хIадурлъи гьабулеб букIиналъ.

Гьениб кIудияб гIаммал гьабулеб бугин шагьар лъикIлъизабизе, берцин гьабизе, ва гьеб бихьулеб бугин тахшагьаралъул гIадамазда.

Гьединго эхеде бахана Чачан республикаялъул бетIер Къадыров Рамзанил рейтинг. ГьабсагIат гьес кколеб бугин анкьабилеб бакI.Чачаназул бетIерасе экспертаз ва гIадатиял россиялъулаз гьединаб къимат кьун буго Украиналда ккурал LifeNews агентлъиялъул журналистал хвасар гьариялда бан Къадыровас кIудияб хIаракат бахъун букIиналъухъ.

Чачаназе вацлъиялъул республикаялъун кколеб Гъалгъастаналъул бетIер Юнус-Бег Евкуровас реIтингалда гьанже кколеб буго 38 бакI. Гьесул къимат гIодобе ккана кIиго даражаялъ.

2014 соналъул хаслихъе Россиялъул 28 регионалда тIоритIила губернаторазул рищиял. 11 регионалъул бутIрузул болжалал ахиралде щолел руго.

17 регионалдайин тIоритIила иргадулал гурел рищиял.

Хасго гьел рищиязда гIахьаллъизе хIукму гьабурал бутIрузул рейтингал эхеде рорханин, абулеб буго «Известия» газетаялъ ва тIоцебесеб иргаялда рехсолел руго Тюмень икълималъул бетIер Владимир Якушевасулги Гъоркьияб Новгород икълималъул бетIер Валерий Шанцевасулги цIарал.

Амма иргадулал гурел рищиязда гIахьаллъизе ругел цо-цоязул рейинг – гIаксалда – гIодобе ккун буго. Масала Башкортостаналъул бетIер РустIам ХIамидовасул рейтинг.

«Петербургская политика» Фондалъул бетIер Михаил Виноградовасул пикруялда гьелъие гIиллалъун ккун бугин Башкортостаналъул вукIарав бетIер Муртаза РахIимовгун гьоркьоблъи квешлъун букIин.

Шималияб Кавказалъул цогидал республикабазул бутIрузул рейтингал гьадинал руго. Шималияб Гьиристаналъул бетIер Теймураз Мамсуровас кколеб буго 75 бакI. Халкъалда гъоркь гьесул къадру цIикIкIараб гурин, аммаила гьесие альтернатива жеги батун гьечIин ва гьеб сабаблъун гьев гьанжеги бетIерлъуда вуго, ян абулеб буго экспертаз.

«Гражданияб цебетIеялъул Фондалъ» гьабураб рейтингалда Дагъистан республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатиповасе щун буго буго 21-абилеб бакI.