СШАялъул президент Барак Обама щвана Европаялде

Машрикъалъул Европаялда ругел рагъулазул ресал цIикIкIинариялъе цо миллиард доллар гьарулеб буго Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца. Гьединаб хитIаб Обамаца гьабуна конгрессалде.

Гьеб инициатива хурхараб буго НАТОялда гъорлъ ругел Америкаялъул рагъулазул контингент щулалъизабиялда, хасго Балтиялъулгун ЧIегIераб ралъадазул регионазда.

Талат къоялда Варшаваялда Обамаца лъазабуна жидерго рахъ ккурал улкабазул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул тIадеросиял туразари Вашинтгтоналда кIочонареблъиялъул хIакъалъулъ.

Гьаб анкьалда Америкаялъул президентас тIобитIулеб буго турне Европаялде. ТIоцеве гьев щвана Варшаваялде. Сапаралъул планалда буго гьединго Бельгия ва Франция. Польшаялъул президент Брониславом Коморовскийгун данчIван хадуб, Барак Обамаца Россия ахIана жиндирго «боевикал» Украиналдаса нахъе рачиналде. Гьес гьединго Москва ахIана жиндирго асаралдаса пайда босун, Украиналъул сепаратистал ярагъ гIодоб лъеялде разилъизариялде.

Талат къоялдаго Брюсселалда НАТОялъул генералияв секретарь Андерс Фог Расмуссеница лъикIаб къимат кьуна Вашингтоналъул планазе. Гьес лъазабуна, «Цолъарал Штатазул хехаб реакция букIанин Украиналда бан Россиялъ гьарулел къануниял гурел галабаздейин».