Дунялъул жамгIияталъ пачалихъ хIисабалда жиндир статус къабул гьабичIеб Абхазиялъул премьер-министр Леонид Лакербая нахъе лъугьана хъулухъалдаса.
Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна президентасул ишал тIуразарулев Абхазиялъул парламенталъул спикер Валерий Бганбаца.
Хъулухъ тей араб анкьалда гьесдаса тIалаб гьабуна Абхазиялъул оппозициялъ. Гьеб тIалабалъул рахъ ккуна парламенталъги, гьелъ гьесие загьир гьабуна божунгутIиялъул вотум.
27 маялда Сухумиялда оппозициялъул къуватаз ккуна республикаялъул администрациялъул мина ва лъазабуна жидеца заманалъ Абхазиялъул нухмалъи гьабизе бугин. Оппозициялъулазул тIалаб тIубазабун, жиндирго хъулухъалдаса нахъе ана тIоцеве президент Александр Анкваб.
Лакербаялда хадуб премьер-министрасул ишал тIуразаризе руго вице-премьер, финасазул министр Владимир Делбаца.