Украиналъул Генералияб прокуратураялъ Россиялда гlайибал гьарулел руго

Украиналъул территориялда Россиялъул хIаракатчилъиялъ рачун руго 122 чи чIваялде ва 200 чи лъукъиялде. Гьедин лъазабулеб буго «Украинская правдаялъ» кьолеб улкаялъул Генералияб прокуратураялъул баяналда. Гьелда абулеб буго Россиялъул гражданаз жидерго улкаялда гIуцIун ругин Донецк ва Луганск икълимазда терактал гьаризе ритIизе гIадамал ругьун гьарулел хасал централин. Гьелъул мурадги бугин Украиналъул нухмалъи реххи ва улкаялъул цолъи хвезабийин.
Гьебго идараялъул баяназда рекъон, ярагъгун кодоб Россиялдаса Украиналде гIарцухъ рагъизе унел гьел чагIазда эркенго гIурхъи бахине толеб буго Россиялъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялда сверун Федералияб хъулухъалъул ай ФСБялъул гIурхъаби цIунулел идарабазда ругел хIалтIухъабаз.