Цо май моцIалда жаниб ГIиракъалда чIван вуго 800 чи

Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ лъазабулеб буго исана цо май моцIалда жаниб ГIиракъалда чIван вугин 800 чи ва гьеб букIанин гьаб лъагIалил бищунго бидулаб моцIин.
ЧIваразулги 200-гIан чи вукIун вуго ГIиракъалъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул къуватазул чи, хутIарал рукIун руго гIадатиял гIадамал.