Абхазиялда цlикlкlунеб буго оппозициялъул хlаракатчилъи

Абхазиялда оппозициялда ракIалда буго парламенталъул иргадулаб гуреб данделъиялда жинцаго лъидаго бачIеблъун лъазабураб республикаялъул заманалъулав президент вищизе. Гьанже гьенив вугев президент
Александр Анквабица абуни инкар гьабулеб буго живго разилъун гьеб хъулухъ тезе.
Хамиз къоялъул къаси кватIараб гIужалда Абхазиялъул парламенталъ Анквабаде абун букIана гьес гьеб хъулухъ тани лъикIаб букIине бугин. Гьелде тIадеги республикаялъул бетIерасда божунгутIиялъул вотумги лъазабун букIана депутатаз.
РИА Новостиялъ лъазабулеб буго оппозициялъ абунин жидеда ракIалда бугин кIиго къоялда жаниб заманалъулаб хIукумат гIуцIизейин ва гьеб хIалтIизе бугин цIияв президент вищизегIанин. Анкваб живго хъулухъалдаса нахъе ани президентасул цIиял рищиял лъабго моцIалдасан тIоритIизе рес бугин лъазабулеб буго оппозициялъ.
Талат къо 27 маялда Сухумиялда къватIахъе бахъараб халкъалъ тIалаб гьабулеб букIана реформаби гьариги респубикаялъул нухмалъи хисиги. Митинг хадусан сверула гIадлу-биххиязде ва оппозициялъ кверде босула президентасул администрациялъул минаги пачалихъияб телевидениеги. Анквабаца гьелда абула «хIал гьабун республикаялъул нухмалъи рехизе бахъулеб хIаракатин».