Мисралда вищун вуго цlияв президент

Мисралда рукIарал президентасул рищиязда бергьун вуго улкаялъул рагъулаб идараялъул бетIерлъун вукIарав ГIабдул ПатахI ас-Сиси.
Рищиязул централияб комиссиялъ хамиз къоялъул радал кьурал баяназда рекъон, гьесие щун буго гьаркьазул 92 процент. Гьеб къадар бащалъулеб буго укаялда гIумру гьабулел гIадамазул 23 миллион чиясда. Гьесул цого-цо вукIарав дандияв ХIамдин Сабахие абуни щун гьечIо 735 азарго гурони гьаракь.
Миллионалдаса цIикIкIун бюллетен хвараблъун лъазабунги буго.
Мисралда лъабго къоялъ халат рахъал президентасул рищиял рагIалде рахъун рукIана 28 маялда.
ГIабдул ПатахI ас-Сисил нухмалъиялда гъоркь араб соналъул июлалда реххун вукIан президент МухIамад Мурси.
Мурсил рахъ кколеб «Вацал-бусурбаби» багъа-башариялъ жидерго чагIи ахIулел рукIана гьел рищиязе байкот лъазабизе.