Славянскалда кьвагьдей рахъаз цоцазде тlаде рехулеб буго

Украиналъул Славянскалда цоцазде данде рагъулел рахъаз гIадатиял гIадамаз гIумру гьабулел авалазде кьвагьиялъул жавабчилъи цоцазде тIаде рехулеб буго. Антитеррористияб операциялъул нухмалъулесул пресс-хъулухъалдаса Владислав Селезневас абулеб буго сепаратистаз кьвагьулеб бугин гIадамазул рукъзаде ва школазде, гьелъул жавабчилъи Украиналъул армиялде рехизейин. Гьесул рагIабазда рекъон, арбагI къо къалъидалде гьенив лъукъун вукIун вуго 10 гIадатияв чи.
Донецкалъул «халкъияв губернаторин» абулев Павел Губаревасул рагIабазда рекъон, гIадамазул рукъзаде кьвагьулеб буго Украиналъул аскарияз. Лъукъарал рукIин гьесги тасдикъ гьабулеб буго.