Абхазиялда оппозиционияб хlаракатчилъи

Сухуми, 2008 сон

Жинцаго жибго лъидаго бачIеблъун лъазабураб Абхазиялъул бетIер Александр Анквабаца ахирал къоязда улкаялда кколел ругел лъугьа- бахъиназе кьуна хIал гьабун пачалихъалъул нухмалъи реххизе бахъулеб хIарак абураб къимат.
Талат къоялда Сухуми шагьар бакьулъ оппозициялъ тIобитIун букIана гIемерав чи гIахьаллъараб митинг. Гьез тIалаб гьабулеб букIана хIукумат хIалхьиялде инги, генералияв прокуроргун Абхазиялъул жанубияб рахъалда ругел цо-цо мухъазул нухмалъулел хъулухъалдаса рахъиги.
Оппозициялъул лидеразул цояв Рауль Хаджимбаца лъазабуна оппозициониял партиялгун багъа-башариязул Координационияб шураялъ заманаялъ жиндего тIаде босулеб бугин республикаялъе нухмалъи гьабиялъул ва Абхазиялъе хIажатал структураби гIуцIиялъул ишин.