Дагъистаналда тIатинабуна 154 азарго гъурщил налъи

Дагъистаниязе хIалтIухъ мухь жиндир заманалда щунгутIиялъул, заманалда гьеб кьунгутIи низам цIунулел идарабаздаса балъго гьабулеб букIиналъул ва хIалтIухъабазе кьечIого хутIараб 95 млн гъурущ балъго гьабун батун букIиналъул бицунеб букIана 27 маялда Дагъистаналъул прокуратураялда букIараб данделъиялда. Гьеб гIарацги аслияб куцалда рагIула хIалтIи гьечIого хутIарал гIадамазе заманаялъ пачалихъалъ биччалеб гIарац, гьединго сакъатал чагIазе чIезабураб пенсия, школазул мугIалимзабазул харжал ва цогидаб.

Дунялалда лъугьараб финансазул кризисалъ асар гьабичIого хутIичIин Россиялъулги Дагъистаналъулги экономикаялъеян бицана гьениб. Гьедин пачалихъиял идарабазда хIалтIулев гIезегIан чи хутIанила заманалда харжал щвечIого. ГIезегIан тIатунел ругила харжал щунгутIи низам цIунулездаса балъго гьариялъул хIужабиги.

Исана 1 маялде щварал баяназда рекъон, республикаялда харжал щун гьечIо 154 азарго гъурщил къадаралда. Гьанже прокуратураялъул квербакъиялдалъун 121 млн гъурущ хутIизегIан бецIизабун буго гьеб. ТIатинабун буго 95 млн гъурщил къадаралда харжал кьечIолъи балъго гьабиги. Гъоркьисалаги букIун буго гьединабго ахIвал-хIал.
48 млн гъурущ хIалтIухъабазе кьечIолъи балъго гьабун батун буго «Даггаз» абураб акцияагIазул гIуцIиялъ.

Прокуратураялъул хIалтIухъабаз разилъи гьечIолъи загьир гьабуна жидехъе баянал кьолел пачалихъияб статистикаялъул хъулухъалдаса. Гьелъул баяназда щаклъизе бачIун буго гьезие. Статистикаялъул хъулухъалдеги харжазул хIакъалъулъ баянал мекъи кьолел ругила батIи-батIиял гIуцIабазул нухмалъулез.

Пачалихъияб гIарац бикъа-хъамиялъул бицунаго гьениб рехсана Буйнакск, Бабаюрт, Хъумторхъала, Хайдакъ мухъазул ва Каспийск, МахIачхъала шагьаразул централ. Гьел ккола хIалтIи гьечIого хутIарал чагIазе пачалихъалъ заманаялъ гIарац биччалел централ. Официалиял документал гьересияб куцалда гьарун ратун, Буйнакск мухъалда бугеб централъул нухмалъулесда тIад цIех-рех гьабулеб рагIула. Бабаюрталъул централдаса тIагIун батун буго 2 млн-са цIикIкIараб гъурущ. ХутIарал центразул нухмалъулезин абуни гьереси къотIи-къаял гьарун ратун руго бизнесменазулгун. Сакъатал гIадамазе жидеца хIалтIи балагьанин гьел бизнесменазул добайинги абун.

Бицен гьабулел хIужаби гIемер тIатинаруна Казбек мухъалда жамгIиял хIаракатчагIаз. Гьезул цояв ккола Гъайирбиев Гъайирби. ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда гьес абуна прокуратураялуъл агъаз гьечIолъ кколел ругин гьел хIужаби республикаялда.

Гъайирбиев Гъайирби: «Лъалебги буго гъоб, прокуратураялъ халкквей чIезабунгутIиялъ, гьезул тамахлъиялъ буго гьаб система гъагъадин. БакIалъул администрациялъул бетIерас бикъа-хъамулеб буго, батIи-батIиял гъалмагъиралги гьарулел руго. Гьелъул цIех-рех гьабизе лъугьаниги, иш диваналде унаро. Аниги, тамихIги гьабуларо. БукIине кколедухъ гIадлу гьабизе кIолеб гьечIони, щиб цIар лъолеб гьбе идараялда?».

Жидее харжал кьунгутIиялда, яги гьел кватIизариялда бан зама-заманалдасан гIарзал рукIуна школазул мугIалимзабазул. ГьабсагIаталда гьеб рахъалъ цIакъго квешаб хIал бугин Казбек ва Дахадаев мухъаздайин бицана ЭР-ялъе Амиродинов МухIамадица. Гьев ккола мугIалимзабазул махщалилаб цолъиялъул нухмалъулев. Гьес гьединго бицана Шамил мухъалда лъай кьеялъул идарабазда тIатинабураб гIунгутIиялъулги.

Амиродинов МухIамад: «Гъоркьисала октябралда байбихьун мугIалимзабазе харжал цIикIкIинабичIого хутIараб мухъ Дагъистаналда цохIо Шамил мухъ буго. Щиб гьелъие гIиллаялиги бичIчIулеб гьечIо. Шамил мухъалъул лъай кьеялъул идараялдаса дихъе бачIана цоцалъа бахъизе лъалареб жаваб. Гьанже нижее къваригIун буго лъай кьеялда лъугьарал суалал кватIичIого республикаялъул нухмалъулесулгун нижер букIинесеб данделъиялда бицине. Гьеб суалги гьоркьоб лъезе буго гьениб».

Харжазул 70 млн гъурущ кьечIого тей балъго гьабун букIун буго гъоркьисала республикаялда. Прокуратураялъ кIвар кьедал, 50 млн-са цIикIкIун гъурущ бецIун буго.