Пётр Порошенкол политикияб сурат

Пётр Порошенко пресс-конференциялда. Киев, 2014 соналъул 26 май.

Украиналда тIоритIарал президентасул рищязул официалияб хIасил жеги загьирабун гьечIониги, баянлъана ТIадегIанаб Радаялъул депутат ва «шоколадалъул къирал» ян тIокIцIар бугев бизнесмен Петр Порошенко бергьун букIин. Щив гьев кколевали политик хIисабалда? Кинаб бугеб гьесул политикияб бербалагьи?
1.3 миллиард долларалде бахунеб мул-малкалъул бетIерьган Петр Порошенко ккола Украиналъул вищун бечедав ва цIар арав бизнесмен. Гьеб гуребги, 48 сон барав бизнесмен гIемерисез рикIкIула кIудияб хIалбихьи бугев гIакъилав политиклъун.

Ахирисеб 15 соналда жанив гьев хIалтIулаан тIадегIанаб даражаялъул хъулухъазда.

2000 соналда гьев вахъана Регионазул партиялъул кьучIарухъаназул цоявлъун. Хасго гьеб партиялъ Виктор Януковичасе рес кьуна президентлъун вахъине.

Жиндир заманалда Порошенкоца финансияб квербакъи гьабуна «Нилъер Украина» абулеб Виктор Ющенкол партиялъе. 2004-2005 соназда гьев хIалтIулаан Виктор Ющенкол хIукуматалда, 2009 соналда вахъана къватIисел ишазул министрлъун.

Виктор Янукович президентлъун вищун хадув Порошенко вахъана дармил ва экономикияб цебетIеялъул министрлъун.

Евромайдан байбихьараб мехалда гьес гьедегIан кIудияб роль хIалеб букIинчIо, амма абулеб буго, гьес финансияб кумек гьабулеб букIанин протестазул акциял ва демонстрациял тIоритIулезе.

Исана 12 марталда Петр Порошенко сапар бухьана Крымалъул тахшагьар Симферополялде. Доба гьес къасд гьабуна сепаратистаз хIадур гьабулеб букIараб референдум нахъе бахъизе.

Россиялде цIикIкIараб цIайи бугез гьесда хадуб хал кквей гьабулеб букIана, махсароде тIамулаан.

Амма гьелдалъун гьесул къадру къимат цIикIкIана гIадатиял украиниязда гъорлъ.

Петр Порошенко байбихьудасанго вукIана евроинтеграциялъул рахъ кколев политиклъун.

Гьес гьеб такрар гьабуна жиндирго тIоцебесеб брифингалдаги.
Украиналъ евроинтеграциялъул нух тIаса бищулеб бугин, абуна Порошенкоца рищиял ахиралде щун хадуб.

Ва тIаде жубана, Украиналъ киданиги къабул гьабизе гьечIин Крым Россиялде гъорлъе ин. Добго бриффингалда Порошенкоца гьадинаб калам гьабуна:

Петр Порошенко: «Президентасул командаялъ тIоцебесеб иргаялда хIаракат бахъила рагъ ахиралде щвезабизе, бихха-хочи лъугIизабизе ва Украиналъул ракьалда рекъел тIад чIезабизе».
Петр Порошенкол хиял буго жиндирго тIоцебесеб сапар паракъатаб гуреб икълималде бухьизе.

Петр Порошенко: «Дица цебего абуна, президент хIисабалда дица дирго тIоцебесеб сапар Донбассалде бухьизе бугин, ва доба гIумру гьабулел киналго гIадамазе ва яргъид гIуцIарал къуватазе дицаги дирго командаялъги бакралаги кьун, квербакъиги гьабизе бугин гьез жидерго гражданияб борч тIубазабун букIиналъухъ».