Мисралда вищулев вуго президент

ГIабдул ПатахI ас-Сисил cуратал рищияздаса цебесеб кампаниялъул заманаялда. Каир, 9 май 2014

Мисралда итни къоялда байбихьана президентасул рищиял. Экспертазул пикруялда, гьезда бергьине кIудиял ресал руго улка цIуниялъул министралъун ва армиялъул бетIерлъун вукIарав ГIабдул ПатахI ас-Сисил.
Гьес нухмалъи гьабулеб букIана араб соналъул июлалда хIукуматалде данде рукIарал акциязул хIасилалда президент МухIамад Мурси хъулухъалдаса реххиялъул процессалъе.
Жидер вакиллъун Мурси вихьизавун букIараб «Вацал-бусурбаби» багъа-башари гьанже улкаялда гьукъун буго. Гьеб багъа-башариялъул активистазул аза-азар чи жанив тIамун ва чIвазе хIукму къотIун руго. Мурси реххулагоги хун вукIана нус-нус чи.
Генерал ас-Сисил рахъ кколезул ракI чIун буго улкаялда ругел-радикалиял исламистазул активация, къватIисел инвестициял ками, туристал дагьлъи, энергетикаялда кризис гIадинал проблемаби рагIалде рахъинаризе жидеда бажаризе букIиналда.
Amnesty Internationalалъ абуни кIвар буссинабулеб буго улкаялда инсанасул ихтиярал хвезариялъул цIакъго гIемерал хIужабазде.
Мисралда президентасул рищиял халат рахъине руго кIиго къоялъ.