Цолъарал Штатазул ва Евроцолъиялъул санкцияз ццим бахъинабураб Москваялъ хIинкъиял кьолел руго Магърибалдаса тIубанго батIалъун, жиндирго альтернативияб «дунял» гIуцIиялъул. ГIаммаб кIагIидаялда абуни, гьединаб идеялъул авторазе бокьун буго жиндирго кредит-, дебит-картаби риччазе, жиндирго хасаб Интернет гIуцIизе ва жиндирго санайилаб кучIдузул конкурсAnchor тIобитIизе.
«Магъриб ккола махIцараб бакI, гьелдаса батIия-батIияб гьуинал махIал рачIунел рукIаниги.» - ян лъазабуна Россиялъул Федерациялъул лъималазул ихтиярал цIуниялъул тIадкъаял ругесда цебе бугеб Хъизаналъул хазинаби цIуниялъул мажлисалъул гIахьалчIужу Ирина Медведевалъ. ГIицIго гьей йикIана къватIисел улкабазул гражданазе Россиялъул бессдалал рачине гьукъиялъул араб соналда къабул гьабураб къануналда нахъги.
ГьанжелъезегIан суалал рижинарулел рукIинчIел Магърибалъул къайи яги сервис, Украиналде интервенция гьабиялъе гIоло лъазарурал Цолъарал Штатазул ва Евроцолъиялъул санкциязда хадур цинтIаго лъугьунел руго «квешаллъун», «данде кколареллъун». Москваялъ хIинкъиял кьолел руго «тIолабго дунялалъул «нусиречалдаса»,GPS абураб навигациялъул глобалияб системаялдаса, Visa ва MasterCard абураб кредит-картабазда, рейтингазул агентлъабаздаса, Цолъарал Штатазулгун космикиял гьоркьорлъабаздаса ва «Евровидениеялдаса» инкар гьабиялъул. Россиялда ракIалда буго гьездаго релъарал жиндирго, улкаялда жанисел системаби гIуцIизе. Амма гьеб гьабсагIаталда ккола теоретикиял альтернативаби.
Амма киназго гуреб рикIкIунеб «маххул пардав» бортун 25 соналдаса Россия «дуцаго гьабе!» абураб принципалда хIалтIулеб улкаялде буссине бегьулин. Гьединаб улкалъун гьеб лъугьине ккани, радикалияб къагIидаялда хисизе ккола олигархазде бербалагьи, улкаялдаса нахъе ине ккола капитал. Гьедин ккани, тIагIуна жанисеб капитал, гьездаса махIрумлъула гьединго гьанже-гьанже гъорлъе босараб Крымги. ГIицIго исана федералияб бюджеталдаса гьелъие биччалеб буго 7 миллиард доллар. Цо-цо аналитиказул пикруялда, гьединал амбициял загьир гьариялъе данде кколеб заман гуро гьеб, хасго Россиялъул экономикияб цебетIеялъул 0,5 процент гурони прогнозаз бихьизабулеб гьечIеб мехалда.
«Россиялъул гIадаллъи ккола Украиналъул конфликталде реакция загьир гьабулаго, гьелъ хутIараб дунялалъулгун гьоркьорлъабазда жиндирго пуланаб пачалихъияб «автономия» бугин рикIкIунеб батани.» - абураб пикру загьир гьабуна политикаялъул ва бизнесалъул хIакъалъулъ хъвалей америкаялъул адвокат Джесси Хитица. «Россия щулиябги жинцаго жибго тIубалебги букIин ккани, цогидаб хIакъикъат гьечIо. Гьедин гурони гьеб «къватIиб хутIула.» - ян жубалеб буго Хитица.
Китаялде Путинил визит тIобитIана дурусго «зарал гурони, пайда гьечIел» Магърибалъул партнеразде мугъ сверизабулеб букIин гуребги, Машрикъалъулгун ругелдасаги цIикIкIун ресал гIатIилъазарулел гьоркьорлъаби гIуцIулел рукIиналъе далилал рачине Россиялъ гIамал гьабулеб мехалда. 20 маялда Россиялъул президент Шанхаялда данчIван Китаялъул халкъияб республикаялъул нухмалъулев Си Цзынпингун. Визит тIобитIулеб мехалда Владимир Путиница гъулбасана чанго контракт. Визит лъугIун хадуб гъулбасана гьединго Россиялъул газалъул контрактги. Бицен гьабулеб буго гьаб анцIго соналъул ахиралде «Газпромалъ» Китаялъ хIалтIизабулеб газалъул къадаралъул ункъго бутIаялда цо бутIаялъул къадар бичиялъул.
Гьеб контракт гIуцIиялъе къваригIана анцIгогIанаб сон ва жакъа Европаялде бичулеб газалъул къадаралде данде ккун гьеб ккола ралъдалъ цо тIинкIи гIадаб жо. Гьедин букIаниги хадусеб моцIалда Путинида ракIалда буго КIиабилеб дунялалъул рагъалъул къисмат хисизабураб D-Daу яги “Нейптун» абураб I944 соналъул 6 июналда шималияб Франциялда Нормандия провинциялда Цолъарал Штатазул, Британиялъул, Канадаялъул ва гьезул рахъ ккуразул десант рештIиялъул операция тIобитIаралдаса 79 сон тIубаялъул церемениялда гIахьаллъизе. Россия жиндиего жибго гIураб улка букIин гьенибги бихьизабичIого тезе батиларин, хъвалеб буго авторалъ.
Украиналъул кризис рагIалде бахъинабиялъе яги гьелъул асар дагьлъиязабиялъе моцIаз бахъараб хIаракаталда хадуб Цолъарал Штатаз ва Евроцолъиялъ Россиялъул кIудиял пачалихъиял хъулухъчагIазде, Россиялъул рахъ ккурал Украиналъул сепаратистазул вакильзабазде ва бизнесменазде данде хIалтIизаризе байбихьана санкциязул чанго пакет. Руго санкцияби компаниязде дандеги. Амма гьел дагьал руго.
Байбихьудасаго санкцияби тамахал рукIана ва гьел хурхарал рукIинчIо президент Путинида сверун ругезда, гьес гIагар гьаруразда. ТIоцебесеб галиялде Кремлалъул абизегIанаб реакция букIинчIолъиялъ санциязул сияхI халлъизабуна. Гьанже гьезда гъорлъ руго Кремлалъ гIагарал гIадамазул цIаралги, гьездаго гъорлъ руго Геннадий Тимченкол, Игорь Сечинил ва Аркадийгун Борис Ротенбергазул цIаралги. Россиялъул цо-цо хъулухъчагIи мукIурлъухъе, Америкаялъул гъваридал технологияздаса пайда босиялъул рахъалда чIезарурал гIорхъабаз, захIмалъизабулеб буго спутникал раялъул промышленносталъул ва къватIисел компонентазда рарал цогидал гъваридал технологиязул сфераялда хIалтIи.
Цо рахъалъан балагьани, Россиялъ гьелъухъ рецIел босанин абизе бегьула, 2020 соналда Халкъазда гьоркьосеб космикияб станциялде жиндирго космикиял гумизда Америкаялъул астронавтал щвезаризе инкар гьабун. Магърибалъул санкциябазда хурхун гIуралъ «зазхарал» комметариял гьарун машгьурлъарав Россиялъул премьер-министр хисулев Дмитрий Рогозиница Америкаялъул астронавтазде малъана, батуталдаса пайджа босеян абун.
Амма гьеб гьедин букIаниги, гъваридал технологиязда гIорхъаби чIезариялъ Россиялъе миллиардазул камиял кезаризе руго, Магъриаблъул ноу-хауязда гьеб бараб букIиналъул борхараб даража рикIкIинчIого.
Магърибалъул гIемерисел компанияз, гьездаго гъорлъ Siemens, E.ON, Morgan Stanley, PepsiCo, инкар гьабуна 22-24 маялда Санкт-Петербугалъул экономикияб форумалда гIахьаллъизе. Кремлалъулгун гIагарлъи бугел бизнессменазул хьулал рукIана гьеб форумалда 4 миллиард долларалде щун инвестициял щвеялъул.
Москваялда хIалтIулев экономикаялъул рахъалдаса консультант Кристофер Уиферица рикIкIунеб буго Кремлалъул гьечIин план улка пардавалда нахъ бахчизабиялъулин.
Кристофер Уифер: «Дун божуларо гьаб мехалда Россия хутIараб дунялалдаса батIа гьабун ва изоляционизмалъул политика билъанхъизабиялъул Кремалъул хьулал рукIиналда. Дир пикруялда гьанжелъезегIан нилъеда рагIарал жавабал ва церелъеял гьарун руго лъугьа-бахъаралде рефлекс хIисабалда. Дир пикруялда, дагьалъ кIвар кIудияб хIасил букIине бегьула, Россиялъ финансазул транзакциялъул, технологиязул, квен-техалъулгун росдал магIиталъул сфераби церетIезаризе бажарани. Цингиги дида ккола, гьел сферабазда цебего цебетIей букине кколеб букIанин.»
Дедолларизация
ГIемер соназ Россиялъул премьер-министр Дмитрий Медведевас ахIи балеб букIана экономикаялъул диверсификация гьабиялде ва нухмалъиялъул институтал гIуцIиялде. Араб моцIалдаги гьез къанунал рахъулел ахIана лъазарурал санкцияби хIукуматалъул хIалтIул эффект цIикIкIинабиялъе ва «миллияб экономикаялъе цIияб кьучI лъезе» баккараб рес хIисабалда къабул гьабиялде.
Регионазул экономикияб интеграциялъул рахъалдаса Путинил кумекчи Сергей Глазьевас хIадур гьабун буго лъикIаланго тIад ургъараб дедолларизациялъул план. Гьелда рекъон, пачалихъиял активал руссинаризе кколел руго пуланаб нейтралияб валютаялде, чIезабизе кколеб буго меседалъул ва хириял маталлазул экспорт, Таможенный цолъиялъул, СНГялъул ва «партнераллъун кколел цогидал улкабазул» киналго территориязда гIуцIизе кколеб буго банказда гьоркьосеб гIарац хьвадиялъул система ва кредиталъул картаби.
Глазьевасул стратегиялъул цо-цо пунктал нахъ чIвана жибго Россиялъул журналистазцин. Амма, тIаде балагьун, кколеб буго улка хIадураб бугин, жиндирго кредит ва дебит картаби реччазеян.
Кремлалъул цIакъ цин бахъинабуна санкциязде гъоркье ккарал хъулухъчагIазул хурхен бугел банказда Америкаялъул “Visa” ва “MasterCard” картабазул хIалтIи гьоркьоб къотIизабураб мехалда. Гьелда хадуб Россиялъ къанун къабул гьабуна, гьеб кIиябго компаниялда нус-нус миллион доллар кьезе тIадаблъун гьабулеб. Гьелъ нух рагьана гIарац хьвадиялъул миллияб система гIуцIиялъе.
Банкалъул системаялда хурхарал къанунал рахъиялъул подкомитеталъул нухмалъулевлъун вукIарав , гьанже финансазул омбудсменлъун кколев Павел Медведевас рикIкIунеб буго, “Visa” ва “MasterCard” компанияз билъанхъизабулеб бизнесалъул 90 процент бугеб базар гIуралъ кIвекIезе бугин нагагьлъун Россиялъ гIарац хьвадиялъул миллияб система гIуцIанийин. Амма гьелъийин абуле буго гьес къваригIине бугин къватIисел пахъалихъазул кIудияб хIалбихьиян.
Павел Медведев: «Нилъеца росизе руго «чияр» компьютерал», босизе буго «чияр» софт, консультациябиги гьанжелъезегIан гьарулел рукIахъего, гьаризе руго «чияр» экспертазулгун. Амма хадуб гьеб букIине буго нилъер бизнес. Гьеб лъикIаб жо ккола. Гьелъ конкуренция гIуцIизе буго “Visa”- ялъе. Гьеб бизнесалъ “Visa” ккезабизе буго жиндирго хъулухъ дагьалъ гIаги учузлъизабиялде. Гьелъул бицен гьабулеб батани, дица гьеб къабул гьабула, дир гIисинал рукIаниги ресаздаса пайда босун гьединаб проект гIумруялде бахъинабиялъе квербакъиги гьабизе буго. Амма нилъее гьеб «Visa” ги тIолабго дунялги рагIабаздлъун къезабизе бокьун батани, дир пикруялда, нилъ хехаб къагIидаялда свакала ва нилъер гьелдаса ракI буссине буго.»
Магърибалъул дунялалдаса Россия батIалъиязабиялда хурхарал цIакъ данде кколел руго СССР цIигIуцIиялда хурхарал Путинил харбазда. Цо-цо экспертазул пикруялда, гьев бигьа-гьабун жиндирго мурадазде унев вуго, цин Гружиялъул территорияби рахъун, хадуб Украиналъул. Гьеб мурадалде гьев вунев вуго Поссоветиял пачалихъазда цадахъ батIи-батIиял гIуцIаби рагьун. Буго Евразиялъул таможенияб цолъи, буго Коллективияб хIинкъигьечIолъиялъул къотIи-къаялъул гIуцIи. Абизе бегьула, гьелъ рукIарал советиял республикаби гьIхьаллъарал рагъулаб альянсги гIуцIулеб бугин.
Китаялда вукIаго, Путиница Ираналъул, гIиракъалъул, Афгъанистаналъул, Монголиялъул ва Гьоркьохъеб Азиялъул лидеразда цадахъ гьоркьоб лъуна хIинкъигьечIолъиялъул суалги. Цо-цо экспертазда гьелда нахъги рихьулел руго Кремлалъ НАТОялъе альтернативалъул кколеб рагъулаб альянс гIуцIиялъе гьарулел галаби.
Жибго жиндиего гIураб улкаялъул ва суперпачалихъалъул статус нахъе буссинабиялъул идеялъул лъикI рахъ кколеб буго Россиялда. Крымалъул аннексия гьабун хадуб Путинил машгьурлъиялъул даража бихьулеб къагIидаялда тIаде ана. Амма ватIаналда бугеб икъбалалде балагьичIого, Россиялъул президентасе къваригIараб жо ккола жиндирго хъачI-хъачIарал импулсаздаги ва цIорораб лъин тIураб гIадин ригьунабулеб хIакъикъаталдаги гьоркьоб баланс чIезабизе. Щай гурелъул Россиялъул гражданал ругьунлъун ругелъул пуланаб экономикиябгун социалияб комфорталде. Магърибалъул санкциязул асар гьанже гурони загьирлъелеб гьечIо. Амма гьанжеялдего жамгIияб пикру цIеххеялъул гьикъа-бакъиязда бихьулеб буго экономикаялда хурхун гIадамазул ургъелал раккулел рукIин.
Уиферица рикIкIунеб буго, изоляциялъулал жиндирго лъазабиязде балагьичIого, Кремлалъ жиндирго агрессиялъе гIорхъаби чIезарулел руго, гьединаб къагIидаялъ гьелъ бигьа-гьабун гIамал гьабулеб буго тIадеги санкцияби лъазаричIого» рорчIизе. Гьанже гьелъ рагьараб къагIидаялда къабул гьарулел гьечIо сепаратистияб референдумазул хIасилал. 20 маялда Россиялъул улка цIуниялъул министр Сергей Шойгуца улкаялъул рагъул къватазе буюри кьуна Украиналъул гоIрхъабаздаса аскIоса нахъе иналъул ва жидерго даимал бакIазде нахъ руссиналъул.
Уиферица абухъего, дунялалде мугъ сверун жиндего буссун чIеялъул пикруялдаса Кремлалъ бигьа-гьабун галаби гьарулел ратани, гьеб цIакъ лъикI букIинаанха. 25 соналъ цебе къватIисел пачалихъазде щвезе рес бакIарал, импорталъул ретIел-къайиялдаса ва Интернеталдаса пайда босизе рес щварал россиялъулал нахъ руссине бокьиларин абулеб буго гьес.
Кристофер Уифер: «Дир пикруялда, жундул шишаялдаса къватIире рорчIи гуребги, гьел тагIун руго цереса. Жакъа ругел ресаздаса ва щулалъарал гIумрудал къагIидабаздаса жакъасел россиялъулаз инкар гьабизабизе бажарулеб жо гуро, гьел гIагсаб нухалдехун ссеризаризе кIолеб жо гуро. I998 соналъ загьирлъараб кризисалдаса нахъе ва президентлъиялде Путин вачIаралдаса хисана гIемер жо. Абизе бегьула гьеб батIияб улка бугинцин.»