МугIрул Бадахшаналда низам биххи

Тажикистаналъул МугIрул Бадахшан абулеб автономияб икълималда 23 маялъул сардилъ бакIалъулал гIадамаз къасд гьабуна Хорог шагьаралда бугеб хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул идараялъул мина бахъизе.

ГIиллалъун ккун буго гьадинаб хIужа. 21 маялда полициялъулазда ва наркотикал ричулезда гьоркьоб бахъараб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда кIиго чи чIвана ва цо чи лъукъана. 23 маялъул сардилъ дов лъукъаравги гIумруялдаса ватIалъана.

Ццим бахъарал гIадамаз майданалде рачIун, жидерго разилъи гьечIолъи загьирабулеб букIана. Гьезул цояс граната рехана низам цIунулеб идараялъул минаялде, цогидаз кьвагьдана.