Афгъанистаналда Гьиндустаналъул консуллъиялде гьужум

Афгъанистаналъул Герат вилаяталда бугеб Гьиндустаналъул консуллъиялде гьужум гьабун буго рузман къоялъ.

Полициялъул баяналда рекъон щивали лъаларев лъабгояс консуллъиялъул минаялде гранатаби речIчIана, бахъараб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда гьезул кIигояв чIван вуго. Консуллъитялъул хъулухъчагIазе зарал гьабун гьечIо.

Жиндир заманалда Гьиндустаналъ Афгъанистаналъул хIукуматалъе квербакъи гьабун букIана «ТIалибан» багъа-бачари тIаса рехизе.

Гьеб гуребги Гьиндустаналъ кIудияб гIарцул ва экономикияб кумек гьабулеб буго Афгъанистаналъе. Пакистаналъул тIадтаразул хIисабалда гьелдалъун Гьиндустаналъ жидерго жасуслъиялъул хIалтIи гьабулеб бугин балъгояб къагIидаялда.