Украина - президентасул рищиязда цебе

Рузман къо Украиналда ,букIана президентасул рищиязда цебе гьабулеб агитациялъул ахирисеб къолъун.

Президентасул рищиял гьенир байбихьила 25 маялда. СияхIалда рехсон буго 21 кандидатасул цIар. ТIоцебесеб бакIалда буго миллиардер Петр Порошенко. Абулеб буго тIоцебесеб туралда бергьине бищун кIудияб рес хасго гьесул бугин.

Украиналъул тIалъиялда цебе бугеб аслияб масъалалъун ккола Донецк икълималда рищиял тIоритIи. Гьениб ахIвал-хIал къойидаса къойиде гуребги – сагIаталдаса сагIаталде квешлъулеб буго.

Сепаратистаз лъазабураб пуланаб «Донецкалъул Халкъияб республикаялда» ккуна жибго Донецкалда ва Макеевкаялда ругел рищиязул бутIаял.

Гьезул бутIрузул гIемерисез инкар гьабулеб буго рищиязул процессалда гIахьаллъи гьабиялдаса.

Краматорск шагьаралда яргъид гIуцIарал сепаратистаз рищиязул комиссиялухъа къуваталдалъун рахъун руго рищарухъабазул сияхIал.

Украиналъул Рищиязул Централияб комиссиялъул баяналда рекъон Донецк ва Луганск икълималда бугеб 34 рищиязул комиссиялъул 18 комиссия ккун буго.
Донецк икълималъул Карловака росдал сверухълъиялда «Донбасс» абулеб батальоналъул цо чанго чи чIван вуго, 20-гIанасев лъукъана ва гIемерал асир гьаруна сепаратистаз.