Гьанже МахIачхъалаялъул аэропорталдаса роржине бегьула Мин-Воды, Ростов, Казань Санкт-Петеребург ва Самара шагьаразде. «Аэросервис» абураб авиакомпаниялъул тIоцересел рорженал байбихьизе руго бачIунеб моцIалдаса байбихьун. Гьелъул хIакъалъулъ журналистазе гIатIидго бицунеб букIана 22 маялда, рехсараб авиакомпаниялъул нухмалъулезул цояв Алексей Савченкоца.
22 маялдаса байбихьун «Аэросервис» абураб компаниялъ байбихьулеб буго цереккун байбихьун рукIарал жиндирго рорженал цIигьаризе.
2012 соналда байбихьун ОАО «Акбарс Аэро» абураб гIуцIиялъ байбихьун букIана Шималияб Кавказалдаса жиндирго рорженал. 2013 соналда рорженазул маршрут дагьабги гIатIид гьабун гьез байбихьун букIана МахIачхъалаялдаса Мин-Воды, Ростов, Краснодар, Сочи, Баку, Санкт Петербург гьединго Казань ва Самараялде рорженал гьаризе.
Исана апрель моцIалда «Ютйер» авикакомпаниялъухъа жидерго авиапаркалъе росарал «CRJ -200» аэропланазда рорженал гьаризе, гьедин гьанжеялдего Владикавказ ва Мин-Воды Шагьаралдаса рорженал гьарун руго.
29 маялда гьеб компаниялъул тIоцебесеб роржен букIине буго Москваялдаса МахIачхъалалде.
30 маялдаса байбихьун абуни МахIачхъалаялдаса тIадехун рехсарал киналго шагьаразде роржине бегьула гIадамал.
Гьедин бицана транспорталъул министерлъиялъул минаялда жаниб 22 маялда журналистазулугн букIараб дандчIваялда «Аэросервис» компаниялъул директор Савченко Алексейица.
МахIачхъалаялдаса Мин-Воды шагаралде рорженал байбихьизе руго 5 июналдаса рорженалъул багьа буго 990 гъурущ, амма авиакассаялъ тIадеги босулеб анкьнусго гъурущги малълъун гьелъул багьа эхеде бахунеб буго:
Савченко Алексей: «Нижер авиакомпаниялъул рорженазухъ росулел багьаби гIемерал гьечIо. Мисалалъе Мин-Воды шагьаралде белтил багьа буго 990 гъурущ.
Амма кIвар буссинабизе ккола гьадинаб хIужаялде, сапаралъ вахъиналде кIиго анкьалъ цеве билет росун тани гьениса гьел учузго щвезе руго Амма ахирисеб къоялде щвезегIан росизе тарал чиясе гьеб хираго чIезе кIиазарго лъабазарго гъурщиде щвезегIан».
МахIачхъалаялдаса Сочиялде рорженал гьаризе руго 15 июналда, анкьида жаниб кIиго нухалъ арбагI ва гьатIан къоялъ, багьа 2 990 гъурущ.
Санкт-Петербургалде роржине руго анкьида жанир лъабго нухалъ, талат, рузман ва шамат къоялъ, белтил багьа 8 800 гъурущ.
Ахираб 15 соналъ Шималияб Кавакзалъул регионалде гьарулел рорженал къотIизе тун рукIанин ва нижеда кIванин жакъа гьел цIигьаризееян бицана Алексей Савченкоца. Аслияб куцалда жидеца роженал гьаризе ругин цоцада аскIор ругел шагьаразде, мисалалъе Москваялда гьарулел рорженал жидер аслияллъун кколарилан абуна гьес.
Гьединго гьес данделъаразул кIвар буссинабуна бищунго учуз чIезе ругин интернеталдаса бухьен гьабун белтал росарал чиязе, щайгурелъул аэропорталъул кассаялдаса белтал росани аэоропорталъул хIажалъабзухъ абун гьез тIадеги бахъулин багьа.
Журналистазул рукIана суалал мисалъе щайин масала Москваялдасан Америкаялде гьабулеб рорженги, МахIачхъалаялдаса Москваялде гьабулеб рорженги цо багьаялде бугебилан.
«Дагъистаналъул Авиалинии» компаниялъул нухмалъулев хисулев Невзоров Алексейица абуна гьеб жидеда бараб жо гьечIин дагъистаналъул аэропорталъул майданаялда къабул гьаризе кIоларилан бокьараб авиакомпаниялъул аэропланал, гьединлъидал гьенире рорженал гьарулел авиакомпанияз жидецаго чIезарулел ругин гьединал багьаби.
Гьанже аэропорт цIигьабун къачIаялъул хIалтIаби лъугIун хадуб рес бугин гьенире цогидал авиакомпаниялъул аэропланал ахIизе, гьеб мехалъ хисун букIинеги бегьулин ахIвал-хIал.