Гъарабудагъкент мухъалдаса МухIамаднаби Нажмудиновас гьал къозда гIарзаби ритIана Россиялъул цIех-рехалъул комитеталде ва прокуратураялде. БалугълъичIей жиндир ясалда хIал гьабурал гIолохъабазда хурхун рагьараб такъсир гьабиялъул иш Дагъистаналда щвалде щвезабулеб гьечIин низам цIунулезилан абулеб буго Нажмудиновас.
Уголовияб гьеб дело рагьун букIана жеги 2012 соналда, амма ясалъул балагьал байбихьун рукIун руго 2010 соналда. Доб заманалда 16 сон барай жиндир ясалда хурхун чанго чияс хΙал гьабунин бицана Нажмудиновас «Эркенлъиялъе».
Гьесул рагIабазда рекъон, доб мехалда 16 сон тIубарай ясгун школалда цIалулев васас абулеб букIун буго гьелда жиндие йокьулин, чIужулъун йихьулей йигин, гьаризе ритIилин.
«Ахир-къад, гьес гьей къабихI гьаюн йиго. Гьес хадур хIинкъаби кьолел рукIун руго гьелъие. Жиндирго гьудулзабаздаги бицун буго гьейгун жив вукIанин. Гьелдаса хадуб ясалъе нух кьолеб букIун гьечIо гьесул гьалмагъазабаз. Гьей гьез хIинкъизаюн, рекΙинаюлей йикΙун йиго автомобилалда. Цо-цояз видеоги бахъулеб букIун буго гьелъул», - илан бицана Нажмудиновас.
КIиго соналда жаниб 11 чияс инжит гьайин йиго гьесул яс. Инсуда гьелъ кинабго бицун буго 2012 соналъул июналъул ахиралда.
Бицун хадуб гьелъ къулчΙун руго кьижизарулел таблеткабазул тΙубараб къвачΙа. Лъавудаса арай ясалъухъе тохтурал ахIун, гьей хвасар гьаюна, амма чанги нухалда гьей азарханаялда егизаюн йикIана хадуй.
Нажмудиновас гIарза хъван букIана полициялда, амма тIоцебе гьеб гIарза къабул гьабулеб букIинчIо. Журналистаз ва инсанасул ихтиярал цIунулез ахIи-хIур бахъинабун хадуб уголовияб иш рагьана ва тIоцебе гьеб бачунеб буго Каспийскалда бугеб цIех-рехалъул комитеталъул мухъазда гьоркьосеб идараялъ.
Гьеб идараялда тIасаги Нажмудиновас чанги гIарза хъвана. Такъсир гьабиялъул иш бачунеб букIана кIиго цIех-рех чияс ва, Нажмудиновасул рагIабазда рекъон, гьез тIаса-масанго гьабулеб букIана жидерго хIалтIи.
Мисалалъе, такъсир гьабиялъулъ щаклъи бугеллъун II чи вукIана, амма цIех-рех чагIаз уголовияб иш микьгоязда хурхун гурони рагьичIо. Гьез абулеб букIана цогидазул лъалкI батулеб гьечIин, гьел щал ругелали лъалеб гьечIин. «ЦIаралги, гьел ругел бакIги бицана чанги нухалда цIех-рех чIагIазе, амма гьезие гьелъул ургъел букIинчIо», - илан абуна Нажмудиновас.
Ахир-къад уголовияб иш гьел цIех-рех чагIазухъа нахъе бахъана. 2013 соналъул августалда Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб идараялъул 2-леб бутIаялъул нухмалъулев хисулев МухIамадзапир Даудовасул столалда тIад ккана уголовияб иш.
Гьанибго тIаде жубала: Каспийскалдаса дол цIех-рех чагIазда хурхун байбихьана хал-гьабиял, гьелги байбихьана гьаб соналъул январалда. ХIалтIудаса гьел рахъун гьечIо, амма штрафал кьезе тIамунилан абуна цIех-рехалъул комитеталда.
Даудовасни августалдаго абулеб букIана жинца гьеб иш диваналде щвезабилин хех гьабун, цIацIазе гьечIин. Ана цо моцI, кIиго, лъабго…
«Даудовасги щибго хIалтIи гьабулеб гьечIилан», - ян гIарза битIана Нажмудиновас Москваялде. Жиндирго рахъалъан Даудовас абулеб букIана Нажмудиновас яс ячуней гьечIин баянал кьезе. Киналго баянал гьелъухъа росун рукIанин цIех-рех чагIаз ва яс унтун йигин чIун вукIана Нажмудиновги.
Гьебго мехалда Нажмудиновас абулеб букIана жиндир хъизаналъе рахIат толеб гьечIин гIайиб гIунтIизарулезул гIагарлъиялъул чагIаз. Гьесул рагIабазда рекъон, гьез хIинкъалаби кьолел рукIана, гIарац кьезе бугин абулеб букIана, яс ячилин лъадилъун инжит гьаруразда гьоркьосан цоясеилан абулеб букIана.
Гьеб такъсиралда сверун иш цIех-рехалъ гьединан халат бахъине гьабулеб бугеб мехалъ гьел гIолохъабазе тамихI инсуца жинцаго гьабизе кколин хъвалеб букIана Дагъистаналдаса цо-цо блогераз. Нажмудиновас абухъе, къануналъул нухдасан гурони ине гьесда ракIалде гьечIо.
МухIамаднаби Нажмудинов: «БитIараб бицани, байбихьуда гьединаб пикру букIинчIо дир, дида абулебни букIана цо-цояз батIияб къагIидаялъ къотIизе кколин гьезие тамихIилан. Амма дирго бугеб ресалъухъ ва къуваталъулги хIисаб гьабурабго дида бичIчIана 11 гIолохъанчиясдаса бергьине дие бигьаго букIунареблъи.
Ярагъги хIалтIизабун гьездаса къисас босизе дун лъугьинаро битIараб бицани, дир жеги лъабго лъимал руго нахъе, гьезул тIалаб лъица гьабизе бугеб?»
Нажмудиновасул гьабсагIаталда буго гьадинаб гIарза: гьесда цIех-рех чияс бицунеб гьечIо кьурабищ яги кьечIебищ прокуратураялда уголовияб иш. «Эркенлъи» радиоялъул мухбирас ахIана Дагъистаналъул прокуратураялде.
Прокуратураялъул вакилас бицана жидехъе уголовияб иш щун букIанин амма гьеб цIех-рех чиясухъе нахъбуссинабунин. «Живго Нажмудиновасухъеги кагъат битIана почтаялдасан, гьесухъе гьеб щун батиларо жеги», - илан абуна прокуратураялда.
ЦIех-рех чи Даудовас абуна уголовияб иш жидер идараялда бугин, амма гьелъул хал-шал гьабулеб бугин процессуалияб бутIаялда. Гьеб бутIаялъ халгьабизе ккола прокуратураялъ щай уголовияб иш тIадбуссинабурабали.
Нажмудиновасул ясни гьабсагIаталда Дагъистаналда гьечIо. Инсанасул ихтиярал цIунулезул кумекалдалъун гьей цIализе лъугьана Москваялда бугеб экономикаялъул университеталда.