Экстремисталлъун рикIкIун рукIаразда хадуб халкквезе бегьула

Терроралъул ва экстремизмалъул такъсиразухъ туснахъазде тIамурал чагIи къватIир ричан хадур административияб халкквеязда гъорлъ ккезе бегьула. Административияб халкквеялъул къанун гIагараб заманалда Россиялъул хIукуматалъ къабул гьабизе бугилан хъвалеб буго «Коммерсант» газеталда.
ГьабсагIаталда гьеб къануналъул халгьабулеб буго батIи-батIиял идарабазда ва гьелъие экспертиза гьабулеб буго. Къанун гьединго хIалтIизабизехъин буго диванчагIи ва низам цIунулел идарабазул хIалтIухъаби чIваразда хурхунги.

Къануналъул проекталда хъван буго терроризмалъухъ ва экстремизмалъухъ туснахъалда лъун рукIарал чагIазда хурхун, диваналъул хIукмуялда рекъон, административияб халкквей гуребги цогидал тадбиралги гьаризе ругин.

Мисалалъе, гьел тIамизе бегьула моцIида жаниб ункъо нухалъ полициялде рачIине, митингазда ва пикетазда ине гьезул ихтияр букIине рагIуларо, гьединго гьезие гьукъизе бегьула сардил мехалда рокъоса къватIире рахъине, гъукъизе рес буго гьединго шагьар ва регион тун кире-рукIаниги ине.

Щивасда хъинтIун кинаб тадбир гьабизе бугеб ва кидалъизегIан гьеб халатбахъинебали диваналъ чIезабизе буго. ХIукму диваналъ къотIизе ккола анцIго къоялда жаниб.

«Известия» газеталъ хъваралда рекъон, гьеб къанун ургъарал чагIаз жидерго хIукму бичIизабулеб буго экстремизмалъул ва терроризмалъул такъсирал гIемерлъиялъ. Гьезул пикруялда рекъон, гьединал такъсирал ахирисел соназда жанир Россиялда цIакъ гIемерлъана.

Гьединго гIемерлъана къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби чIвай, диванчагIи чIвай. Мисалалъе, официалияб статистикаялда рекъон, 2009 соналда Россиялда терроризмалъул ва экстремизмалъул 1202 такъсир гьабун батани, 2010 соналда гьабун буго 1237 такъсир, 2011 соналда – 1244, 2012 соналда – 1233, 2013 соналда – 1557.

Экспертаз абухъе, гьединаб ахIвал-хIал буго щайгурелъул гьел такъсирал гьарурал чагIаз, туснахъаздаса эркен гьарун хадуб, цIидасанго гьелго такъсирал гьарулел руго. Гьабураб анализалъ бихьизабулеб буго экстремизмалъухъ туснахъалда лъун рукIарал ва къватIире рачIарал чагIазда гьоркьосан гIемерисел – 70% - цIидасанго экстремизмалъул тадбиразда гIахьаллъулел рукIин.

ХIукуматалъ къануналъул проект къабул гьабунани, кин къанун тIубалеб бугебали халгьабизе буго полициялъ. Полициялъул хIалтIухъабазул ихтияр букIине буго экстремистлъун яги террористлъун вукIарав чиясухъе бокьараб мехалда рокъоре рачIине, кинабгIаги ордер яги цогидаб документ гьечIого гьениб чIухьбазе.

Амма полициялъул буго ихтияр административияб халкквеялдаса гIадамал рахъизе яги гьеб халкквей халатгьабизе. Къануналъул проекталда рекъон, административияб халкквеялда гъорлъ гIадамал рукIине руго бищун дагьаб босани микьго соналда. Халкквеялда пунктал хвезаруни гьел гIадамал гIумруялъго хутIинехъин руго полициялъул сияхIазда.

Къанун Шималияб Кавказалда хIалтIизабизе ургъараблъун бугин рикIкIунеб буго эксперт Ирина Стародубровскаялъ. Гьей ккола Егор Гайдарил цIаралдалъун бугеб экономикияб политикаялъул Институталъул хIалтIухъан, гьениб гьелъ бачула «Политикияб экономия ва регионалияб цебетIей» абураб гIелмияб курс.

Гьелъул рагIабазда рекъон, терроризмалъул ва экстремизмалъул профилактикияб хIалтIи Шималияб Каказалда гьабизе ккола батIи-батIия нухалги хIалтIизарун. Гьелъ абухъе, радиякалияб исламалда гъорлъ ругел хIукуматалда рихьулел руго террористаллъун ва экстремисталлъун.

«Салафитазда гъорлъ руго чанги батIиял чагIи. Гьез диниял тIалабал Россиялъул къануналги хвезаричIого тIуралел ратании, гьезда килищ хъвазе кколаро», - ян абуна гьелъ.

Стародубровскаялъ цебе «Эркенлъи» радияолъе абуралда рекъон, изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унел рикьине бегьула лъабиде: руго гьенире лъачIого ккарал, руго гьединго исламалъул жамгIияталъул тIалабал яргъица цIунизе кколин риккIкIунел, амма ярагъ гIодоб лъезе хIадурарал, руго рагъулаб гуреб нух бихьуларел.

Гьеб лъабго къокъаялъе батIи-батIияб политика букIине кколин абуна эксперталъ.

Ирина Стародубровская: «ТIоцебесеб къукъаялде гъорлъе унел рохьаздаса тIадруссинаризе ккола ва гьел тIадруссинариялъул программаялъе кинабгIаги квекIенги гьабизе кколаро. Лъабабилеб къукъаялъе гьабизе жо гьечIо: гьез ярагъалъул нух тIаса бищана ва гьелгун къуваталъул гурони мацI бицине кколаро.

Амма кIиабилеб къукъагун щиб гьабилеб? Гьеб суал буго бищун захIматаб. Гьеб къукъагун суал тIубазабиялъе чанги механизм хIалтIизабизе ккола. Мисалалъе, гьез ярагъ гIодоб лъуна, амма тамихIалдаса гьел эркен гьарулел гьечIо, амма ритIулел руго гьел Дагъистаналда ругел яги Дагъистаналда гIагарда ругел туснахъазде.

Яги гьел чагIазе амнистияйищ гьабизе кколеб? Дида кколеб буго, кIиабилеб къукъаялъул сулалда тIаса жамгIияталъул диалог букIине кколин ва гьениб бицине кколин кинал инструментал хIалтIизаризе бегьилел».

Административияб халкквеялъул къануналъул рахъкколелги руго, гьелда дандечIаралги руго. Мисалалъе экстремизмалда данде чIараб жанисел ишазул министерлъиялъул идараялда рикIкIунеб буго административияб халкквей Совет хIукуматалъул замандалги букIанин ва гьеб къанун эффективияб букIанин. Идараялъул экспертазул рагIабазда рекъон, гьеб къанун чара гьечIого къваригIараблъун ккола ва гьелъ лъикIаб профилактикияб хIалтIи гьабизе буго.

Инсанасул ихтиярал цIунулеб «Сова» централъул эксперт Мария Кравченкол рагIабазда рекъон, гьеб къанун хIалтIизабизе бегьула хIукуматалъе рекIее гIечIел чагIазда хурхун.

«Терроризмалъул такъсиразул рахъалъан кинабго бичIчIулеб буго, амма экстремизмалъул бицани абизе бегьула гьединал такъсиразухъ гIайиб чIвалезда гьоркьосан гIемерисел такъсирчагIилъун кколарин. Гьелдалъун хIинкъи буго хIукуматалъ гьеб къанун ургъун бугин пачалихъалъул бербалагьабзде дандечIаразда хурхун хIалтIизабиялъе», - илан абуна Кравченкоца журналистазе.