Гьалкъояз Бухаресталде вачIарав Цолъарал Штатазул вице-президент Джо Байденица Москваялде лъазабуна Украиналда рукIине ругел президентасул рищиязде Россиялъ квал-квал гьабуни, гьелде данде цIиял санкциял хIалтIизаризе ругин.
Румыниялъул гьурхъидаса 200-гIан километралъул манзилалда бугеб Крымалда Россиялъ гьарулел агрессивиял ишалда бан Джо Байденица ракIалде швезабуна НАТО-ялъул низам.
Гьелда рекъон Шималияб Атлантикияб альянсалъул цо улкаялде гьабураб гьужум къабул гьабизе буго тIолго НАТО гIуцIиялде гьабураб гьужум хIисабалда.
Румыниялъул президент Траян Бэсескуца жиндир иргаялда Америкалъе баркала кьуна регионалъул рагъулабгун-гьавадул гIатIилъи цIуниялъул шартIал Цолъарал Штатаз кьваризарун рукIиналъухъ. Румыниялдасан Джо Байденица Кипралде сапар бухьизе буго.